Инсул анищаз куркьбал гъурай

1993 соналда къватIисел улкабазул мацIал ва маданият лъазабиялъул мурадалда республикаялдаса чанго студент витIун вукIана Египеталде. Гьезда гьоркьой йикIана ЛъаратIаса Марям ГIабдулкъадироваги. Гьезул къисмат батIи-батIияб ккана. Марямидайин абуни жиндирго къисмат Каиралда батана. КъватIисеб улкаялда 28 соналъ гIумру гьабулеб бугониги, магIарул ясалда кIвана умумузул мацIги, маданияталде рокьиги, гIадат-гIамалги цIунизе. Нилъерго ватIаналдацин рахьдал мацI цIунизе захIмалъулеб заманалда къватIисел пачалихъазда гIумру гьабун ругел магIарулал щиб мацIалда кIалъалел жидерго лъималазда? КъватIисел пачалихъазда лъай кьеялъул къагIидаби кинал ругел? Кинаб бакIлъун бихьулеб къватIисел улкабазул гIадамазда Дагъистан? Гьел ва цогидал суалазул «балъголъаби» рагьана нижее ГIабдуразакъил Марямица.   

    Марямил эмен вукIана ингилис ва немец мацIазул мугIалим. МацIал лъазариялде жиндирго букIараб рокьи гьес ясалъулъги лъуна. ГIараб тIехьалда хъвараб жо цIидасан тетрадалда хъвазе тIамулаан инсуца Марям. Коммунистазул заманалда гIараб мацI лъазабизе жиндиего щвечIеб рес ясалъе тIалаб гьабуна гьес.

   Санкт-Петербургалъул Бакъбаккулгун гуманитарияб академиялъул филиал, Рамазан ГIабдулатIиповасул хIаракаталдалъун, Каспийскиялдаги рагьун букIана. ЛъагIалидасан академияги къан, цIали гьоркьоб къотIизабичIого Египеталде ритIизе бокьарал студентаз гIарзаби хъва- зе кколаан. КъватIисеб улкаялде унезул сияхIалда гьоркьоб Марямица жиндирго цIар хъвачIо. Египеталде цIализе ине кканиги, гIемераб гIарац къваригIунаан. Анкьго лъимер хьихьизе ва цIализабизе кколел эбел-инсудаса нечана гьей гIараб мацI лъазабизе гIоло къватIисеб пачалихъалде йитIейин гьаризе. Студентал Египеталде ритIулел рукIин лъарав инсуца ясалда лъазабуна, гIарцул багьанаги батун, цIали рехун тезе бегьуларин абун.

 

 

    КЪОТIИЯЛДА РЕКЪАРАБ БАТИЧIО

 

 

   1994 соналда Дагъистаналдаса студенталгун цадахъ Египеталде, Александриевский университеталде цIализе ана Марям ГIабдулкъадироваги. Студентазул городокги букIине бугин, Москваялдаса стипендияги бачIине бугин абун рагIи кьун букIана студентазе. Египеталде щвейгун кинабго гIаксалда ккана. Александриевский университеталъул бакIалда Каиралда бугеб Аль-Азгьар университеталде цIидасан цIализе ритIана гьел. Гьенирги цин гIараб мацI ва диниял кьучIал лъазарулеб «Дираса хасса» абулеб, ай хасаб лъай кьеялъул байбихьул курсазда цIализаруна лъабго соналъ. Къуръан лъазабуни, кIиго соналдасан экзаменалги кьун хадусеб даражаялъул цIалул идараялде къабул гьарулаан. Гьедин кIиго соналъги цIалун, Къуръанги лъазабун, «ХIадурлъиялъул институталде» цIализе лъугьана Марям. Гьениеги ячIинахъего кIиабилеб курсалде къабул гьаюна гьей. Институталда букIуна ункъо курс. Лъабабилеб курсалдаго ункъабилеб курсалъул программаги дурус гьабун, институталдаги цIали рагIалде бахъинабуна гьелъ. ПалхIасил, къватIисел улкабаздаса рачIарал студентаз 6-7 соналда жаниб лъугIизабизе кколеб школагун институт Марямица ункъо соналда жаниб рагIалде бахъинабуна.

   Хадуб Аль-Азгьар университеталъул «Усулуддин» факультеталде цIализе лъугьана. Гьениб цIали рагIалде бахъинабун бажаричIо, росасе ун ва лъимал гьарун хадуб цIали захIмалъиялъ. ТIоцевесев вас гьавун хадубги гьей цIализе хьвадулаан. Чанго километралъул манзилалъ лъелгоцин хьвадулаан цIализе. Хадубги лъимал гьаридал, цIализе захIмалъиялъ кIиго соналъги цIалун тезе ккана. Лъабабилеб курсалда цIали гьоркьоб къотIизе тунин абун гьей университеталдаса нахъе рехун ятана. Гьелдаса хадуб тIолабго гIумру лъабавго васасе тарбия кьеялде буссинабуна Марямица. ТIалаб гьабизе кколаан унтарай якьадалъулги.

    Марямгун цадахъ Египеталде ун рукIарал студентал, байбихьул хасаб школаги лъугIизабун, ватIаналде тIад руссана, цо-цоял гьенирго хутIана. Цадахъ цIалулел рукIарал ватIанцоялгун жакъа къоялдаги лъикIаб бухьеналда йиго Марям. Инсуе кьураб рагIиги кIочене тун, цIалиги рагIалде бахъинабичIого ватIаналде тIад юссине кIвечIо гьелда.

     

      ЛЪИМАЛАЗУЛЪГИ КУЦАНА МАЦIАЗДЕ РОКЬИ

 

 

   Инсул мурад тIубазе къватIие яхъарай яс гIадада хвечIин бицунеб буго Марямил инсул хIакъалъулъ ПатIимат ГьитIиновалъ «БацIцIадго цIунараб гIаданлъи-вацлъи» абураб макъалаялдаги. ЦIализе лъугьаралдаса нахъе каникулазул заманалда ватIаналде тIадюссун ячIунаан Марям. Иргадулаб нухалда росулъе ячIарай ясалда эмен захIматго унтун ватана.

   ЦIализе лъугьаралдаса кIиабилеб сон букIана байбихьун. Марямида лъалаан инсул захIматаб унти букIинги, гьес цебеккунго жиндиего зани хIадур гьабун букIинги. Унтун мунги тун, жий тIад юссун инарин чIаниги, инсуца гьей Египеталде нухарегIана. Яс ун кIиго анкьидасан хвана эменги. Марямида гьеб пашманаб хабар лъабго моцIидасан гурони лъазе течIо. Каникулалъул заманалда росулъе ячIарай Марям, рокъоецин инчIого, инсул хабаде щвезе ана. Гьелда рикIкIадасаго батIабахъизе лъана, ахираб чанго соналда жаниб инсуца жинцаго тIад гIажамалъ хъвайхъвагIай гьабун бекIкIараб зани.

    Жиндирго анищ тIубазабулей ясалде цIикIкIараб рокьиги божилъиги букIунаан инсул. Цоцаздехун букIараб адаб-хIурматги гьез лъолаан цоцахъе хъвалел рукIарал кагътазулъ. Жакъа къоялдаги Марямица гьел ясбер гIадин цIунун руго ва Дагъистаналде ячIунелъулги, Египеталде тIад юссунелъулги цадахъги росула гьел.

 

   ГIОЛЕБ ГЬЕЧIО НИЛЪЕРГО ГЬАВА, ЦIАД, ГIАЗУ

  

   ЦIалулел соназда Марямица жиндирго къисмат бухьинабуна Каиралдаса ХIосамилгун. Чияр ракьалда гIумру гьабулей йигониги, Марям инсул анищалъе киданиги хилиплъичIо. Гьелъул васазда лъала жидерго инсулаб гIараб мацIги, эбелалъ рокъоб жидедаго бицунел магIарул (лъаратIисезул), гIурус мацIалги, курсазде хьвадун лъазаруна ингилис ва паранг мацIалги. ГIемерал соназда цIалун щвараб лъайги Марямица лъималазе тарбия кьеялъе хIалтIизабула. КIудияв вас МухIамад цIалулев вуго Каиралда бугеб Германиялъул институталда фармацевтлъун. ГьитIиназин абуни исана гьоркьохъеб школа лъугIулеб буго.

    — ГьитIинаб къоялдаса нахъе дица гIемер рачана гьел магIарухъе. «Кин югай, эбелай?» абун васал рачIиндал, дир эбелалъул берал кунчIулел куц,- ин разиго бицана Марямица.

   — КIудияв васас эркенго магIарул мацI бицуна, гьитIиназда бичIчIула, амма бицине намуслъун рукIуна.

    Шагьаразда чIарал гIагарлъиялъул лъимал гIурус мацIалда кIалъалел рагIидал хIикмалъизе бачIуна. Эбел-инсудацин гьел магIарул мацIалда кIалъалел гьечIо. Дица гьезда абула гIурус мацI гьадинги лъалин лъималазда, рахьдал мацIалда кIалъазе кколин нилъ лъималазда. ГьитIинго малъизе бигьаго букIуна гьезда мацIал. Рокъобги нижеца гIараб, магIарул ва гIурус мацIал цадахъ жуба-гъубан бицуна. Дир васазда магIарул мацIги лъачIони, дунго магIарулайлъун рикIкIине захIмат букIина дие.

   ГIурус мацI малъизеги бащдаб лъагIалица ДГУялда цIалулев вукIана кIудияв вас. Россиялъулги Египеталъулги гражданствоги буго лъималазул, — ан бицана Марямица.

    Дагъистаналъул маданияталъулги, гIадатазулги, тIабигIаталъул тарихиял бакIазулги хIакъалъулъ бицине Египеталъул телевидениялдеги ахIун йикIана М. ГIабдулкъадирова, гьениб гIумру гьабулел магIарул ясалгун цадахъ.

    «Дагъистаналда бугеб, Египеталда дуе гIолареб жо щиб?» — ан гьикъидал, Марямил, ватIаналде бугеб рокьуца гIорцIичIел берал магIица кунчIизаруна.

   «Дирго хъизам-лъималазда аскIой гIумру гьабун йигониги, дунго гIураб рукъалъухъ, гIагарлъиялъухъ чIалгIун йикIуна. ГIоларого букIуна магIаруллъиялъул берцинлъи, тIабигIат, гьава, цIад, гIазу. ЦIад балеб мехалда дун кидаго рокъоса къватIие яхъуна, магIарухъ цIад балеб мехалда гIадаб махI чIвазе гIащикълъун йикIуна. Васазеги цIакъ бокьула магIарухълъи. Дагъистаналде рачIиндал, МахIачхъалаялда сордо бан чIезеги бокьуларо гьезие. МагIарухълъиялъул тIабигIатги берцинлъиги бихьизе рес букIун нилъ шагьаралда щай чIолелин абула васаз. ГьитIинаб мехалдаян абуни хIикмалъун рукIунаан гьел магIарул тIабигIат бихьидал. «Нилъ кире щварал, эбел? Гьаб бакI суратищ, студияйищ?» — ан цIехолаан гьез.

     Каиралдаги руго гIемерал дагъистаниял. Церегоялдаса нахъе гьенир гIумру гьабун ругезулгун гьудуллъиги буго нижер. Нилъер республи- каялдаса гIадамаз, студентаз гIумру гьабулеб цо авалги буго Каиралда. Гьениса аскIоса унелъул, Дагъистаналде щварай гIадин йикIуна дун», — янги бицунаго, ватIаналде бугеб урхъиялъул бицун гIорцIулей йикIинчIо Марям.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА