МагIарул кочIол куркьбал хIулизе гьечIо

2020 соналда Халкъазда гьоркьосел адабияталъул центразул ва ассоциациязул жюриялъ жидер творчествоялъул цIех-рех гьабурал хъвадарухъабазегун шагIирзабазе шапакъатал кьуна 2021 соналъул байбихьуда.

 

 Халкъазда гьоркьосеб адабияталъул премиялъул лауреатазда гьоркьой йиго ДРялъул халкъияй шагIир Баху-Меседу Расуловаги.

 

Баху-Меседу Расулова ккола А. С. Грибоедовасул цIаралда бугеб ТIолгороссиялъул литературияб премиялъул лауреатлъунги. Гьей мустахIикълъана «Россиялъул литератураялъулъ лъураб бутIаялъе гIоло» медалалъе, Волоколамск шагьаралда тIобитIулеб ТIолгороссиялъул хъвадарухъабазул фестивалалъул «ТIадегIанаб шигIрияб махщалие гIоло» абураб дипломалъе, Азербайжан республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул ХIурматалъулаб дипломалъе.

 

Хвел гьечIел асарал

Цо-цо кечI букIуна дунялалъулго халкъазе гIаммаб, гIасрабазго хвел гьечIеб. Гьединазул цояб ккола Баху-Меседул «ТIупандай тIелеб» абураб кечIги. 2016 соналда рухIияб темаялда хъварал кучIдузда тIасан Казаналда тIобитIараб къецалдеги гьебги цоги чанго кечIги битIун букIана. Гьениб тIоцебесеб бакI щвараб кечIалъе халкъазда гьоркьосеб премияги кьуна.

«Россиялъул меседил перо» абураб халкъазда гьоркьосеб литературияб къецалъул хIасилалда рекъон, Северияб Кавказалъул ункъо шагIирасул ва Расуловалъул
гIаммаб «ШигIриял цIвабзазул кунчIи» («Созвездие родственных душ») абураб тIехь мустахIикъ-лъана В. Шекспирил литературияб премиялъе.

Баху-Меседул творчествоялъе тIадегIанаб къимат кьуна 70-абилел соназдаго машгьурал хъвадарухъабазгун шагIирзабазги. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда тIобитIараб гIолохъанал шагIирзабазул данделъиялда гьелъ цIаларал кучIдул цIакъ лъикI къабул гьарунги рукIана.

 

— Дида гьенив тIоцеве вихьана ГIумар-ХIажи Шахтаманов. ЦIакъ ритIухъав чи вукIана гьев. ТIабигIаталде рокьигун магIарул мацIалда хъварал кучIдул жинда гIемер рагIичIинги абун, гьес кIуди-яб къимат кьуна дир асаразе, — ян бицана халкъияй шагIиралъ.

Гьелдаса хадуб «Детдомалдаса вас» абурабги тIабигIаталъул хIакъалъулъ хъвараб цо чанго кечIги «Гьудуллъи» альманахалдаги рахъана. Гьел цIалидал, Расул ХIамзатовас гIолохъанай шагIиралде хъвараб кочIолъ руго гьадинал мухъал:

Баху Расулова,

                            йихьун дида мун,

Дагьа-макъай гурей,

                           жеги лъаларо.

Жакъа дун

                          вуссана сапаралдаса,

Саламгун баркала буго дир дуе.

ГьабсагIат цIалана

                         «Гьудуллъиялда»

Цогидазда гьоркьор

                          дур асаралги.

Лъица гъоб абураб

                         магIарул кочIол

Куркьбал хIулун ругин,

                       гьел мекъи руго.

Дие рохел буго. ЦIалана, лъана, –

ЦIияй шагIир

                    гIуна Дагъистаналда.

 

 

 

РакIалъ ватIаналде ахIула

 

Жакъа къоялде щвезегIан магIа-рул, кIаратIисезул, гIурус мацIазда 50 тIехь къватIибе биччана Баху-Меседуца. Гьелъул асарал руссинаруна гIурус, ингилис, гIараб, азербайжан, украин ва цогидалги мацIазде.

2020 соналда щуго тIехь къватIибе биччана. «КIаралазул тарих ва жакъасеб къо» абураб тIехьалде гъорлъе бачун буго 2014 соналдаго къватIибе биччараб «Дир ГъалбацIдибир. КIаралазул наибзаби ва гIалимзаби» абураб гIурус мацIалда хъвараб тIехьги, кIаралазул тарихалъул хIакъалъулъ жинцаго хъварал гIемерал макъалабиги. «Свет души» абураб магIарул ва кIаралазул мацIазда хъварал кучIдузул кIиго тIехь биччана МахIачхъалаялда, гьединго гьебго тIехь гIурус мацIалда къватIибе биччана Москваялдаги. Щуабилеб тIехьги ккола кIаралазул ва цогидалги хъвай-хъвагIай гьечIел Да-гъистаналъул мацIазда хъвадарулел авторазул асарал данде ракIарараб «Аманат» тIехь.

 

 

— Цее дун кIаралазул мацIалда хъвадарулароан. Гьелъие хIажалъиги букIинчIо. Росулъ киналго кIаралазул мацIалда кIалъалаан. Школалда дарсида гуреб гIурус мацIги бицунароан. Гьанжейин абуни школалдаги, рокъобги, къватIибги лъималаз гIурус мацI бицунеб буго. Лъималазул ахикьгицин лъимал гIурус мацIалда кIалъалел руго. ХIинкъизе бачIана тIагIинин нижер мацIин абун. ГIадамаз тIагIине биччан таниги, тIахьаздагIаги цIунун хутIилин гьебин абураб хьулгун, фольклориял асаралги ракIарун, тIехь бахъана. Жакъа къоялде щвезегIан кIаралазул мацIалда чанго тIехь къватIибе биччана. Нилъеда тIадаб борч буго аза-азар соназ умумуз пайда босулеб букIараб рахьдал мацI цIуни, — ян бицана Б.-М. Расуловалъ.

КIудияб адабгун ракIалде щвезарула гьелъ гIемерал соназ «БагIараб байрахъ» хадуб «ХIакъикъат» газеталда гьабураб хIалтIиги.

 

 

 

Диниял умумузул наслуялъул яс

 

Баху-Меседуца кучIдул хъвазе байбихьана гьитIинго. Микьабилеб классалда цIалулеб мехалда районалъул «Заман» газеталда рахъа-рал кучIдул рачIиналъухъ балагьун чIарай жиндирго къасдазде нуцIа къараб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъги бицана шагIиралъ.

— Дир эбел-эмен рукIана цIакъ диналда тIад чIарал, шаргIалъул нухдаса кьуруларел гIадамал. ТIоцере газеталда рахъизе кьурал кучIдул кидадай къватIире рачIинаян рекIелъ хIинкъигун йикIана дун. Эмен хIалтIулев вукIана почалда бухгалтерлъун. Рокъове вачIиндал, дир кучIдул рахъараб газета гьес столалде рехана ва гьаб иш дуе данде кколарин лъазабуна. Гьеб мехалда лъана дун вацгIаласе абун йикIинги. Гьеб букIана хъвай-хъвагIаялде ва цIалуде машгъуллъараб мех. Дурго рокъоб квен-тIех гьабизе ругьунлъейин, тIокIаб хъвадариялъул жинда рагIугейин лъазабуна инсуца.

Школалъул цIалул хIакъалъулъ цIехолароан нижеда инсуца. Школалде иналде киназдаго как базе малъулаан. 10 сон бараб мехалда Къуръан цIализеги малъана.

Аллагь тIаса лъугьаги, гIоло-хъанлъуда дихъа бажаричIо умумуз малъараб къагIидаялъ дин гьабизе. ЦIали, хIалтIи, лъимал рукIунаан тIоцебесеб иргаялда. КIудияй гIунагIан ракIалде щвана ва хIисаб гьабуна гьитIинаб къоялдаса нахъе эбел-инсуца нижее кьолеб букIараб исламияб тарбия.

 

2003 соналда эбел-эмен дидаго аскIоре гIумру гьабизе рачана. Къойилго гьарулаан гьез вагIза-насихIатал. Эбелги цадахъ ячун ЧIикIае, СагIид-афандиясухъе вирд босизеги ана дун. Гьеб мехалда хIежалде инеги цIакъ гъира ккана. Эбелалъ абуна хIежалде иналде какалги кIалалги рецIизе, гIадамалги тIаса лъугьинаризе, ретIа-къайги исламалда рекъараб букIине кколин. Ясги рукъалде юссун йигин, гIицIго дунялалъе пайдаяб гуребги, ахираталда батулеб пишаги цIикIкIинабеян малъулаан эбелалъ. КIиго соналдаса хIежалдеги ана. Гьеб мехалда тIубанго хисанин абизе бегьула дунялалдехун бербалагьи.

ХIежалде щвараб мехалдаги чIезе кIвечIо диего ТIадегIанас кьураб пагьмуялда рекъон хъвадаричIого. Гьениб дир рекIее гьабураб асаралъ къаси гостиницаялде щвараб мехалдагицин кьижизе бокьуларого йикIунаан дун. Гостиницаялдаги цадахъ цо рокъоб КIаратIаса анкьго чIужугIадан йикIана. Кьижун гIадамалги тун чирахъ бакизе рес букIунароан. Гордукьги кIусун моцIрол канлъухъе хъвалаан, гьеб хирияб ракьалда гьабураб асаралъ рекIелъ рижизарулал кочIол мухъал.

 

ХIежалдаса юссиндал газеталдаги рахъана гьел кучIдул. Динияб темаялда хъварал кучIдузул «Иманалъул улка» абураб тIехьги биччана къватIибе.

Дун йикIунаан политикаялъул хIакъалъулъ бицуней, хIакимзабазул ритIухълъи гьечIин гIарзахъдулей. ГIемерал сонал руго хIалтIиги тун, дирго хъвадариялде юссаралдаса. Дица гьанже кинабго Аллагьас гьабилин тола. Аллагьасе бокьун гурони тIабигIаталда тIамахцин шуруларелъул. Гьедин чIани нилъерго нервабиги сахлъиги цIунун хутIула. Къиямасеб къо тIаде щведал, ГIарасат майданалда инсанасда бищунго цIикIкIун кIал гьикъизе бугин абула кIал, гIин, мацI сабаблъун. Аллагьас бижун буго дунял, бижун буго халкъ. Гьев вуго Къадир. Гьес кьела къимат. Дун гуро гьелъул гIадлу гьабизе тарай гIадан. Гьедин чIезе бокьилаан киналго гIадамалги. Бокьилаан гIадамаз цоцазда нахъаса мацIал гьаричIого, гъибат гьабичIого тезе. Цоцазул гIунгутIаби цIехечIого, мекъабщинаб бихьичIого, бихьаниги рагIичIого, бицинчIого чIезе. Гьеб мехалда букIинаан парахатаб гIумруги.