Спортсменги жамагIатчиги

ЦIияб соналда цересел къоязда редакциялде гьоболлъухъ вачIун вукIана Ихаку ХIайдарбегов.

 

Гугарухъан хIисабалда советияб заманалда цIар рагIарав гьесие рес ккечIо Олимпиялъул хIаязул чемпионлъун вахъине (гьелъие гIезегIан ресалги бажариги букIаниги).

 

Спортсменасул къисмат батIайиса ккана. Гьес хIалбихьана тренер­лъиялъулги, бизнесалъулги, жамгIияб хIалтIулги.

1985 cоналдаса нахъе Ихаку ХIайдарбегов Москваялда гIумру гьабун вуго. Гьелде щвезегIан гьев Германиялда, нилъер солдатал гугаризе ру­гьун гьарулев вукIана.

1986 соналда гьев Москваялде спортивияб клубалде тIад вуссана. ХIалтIана Суворовасул рагъулаб училищеялда.

 

1990-абилел соназда «ВатIан» абураб фирмаги гIуцIун, коммерциял­деги жуван вукIана Ихаку. Амма чанго соналдасан тренерлъиялдего тIадги вуссана. Россиялъул гIолохъанал гугарухъабазул тIаса бищараб командаялъул тренерлъун вукIана гьев.

Гьанже И. ХIайдарбеговасе бокьун буго Москваялда гIумру гьабулел дагъистаниязе кумекалъе ва зама-заманалдасан гьел дандчIвазе квер­бакъулеб культурияб центр гIуцIизе.

Гьединаб центр гьанжеги буго. Амма гьелъул хIалтIи цIи гьабизе къваригIун буго Ихакуе.

 

 

Москваялъул дагъистаниязе

кумекалъе

— Гьанжеялдаса анцIгогIан со­налъ цебе Москваялда бугеб Дагъистаналъул культурияб централъул хIакъалъулъ гIемер рагIулаан бицунеб. Гьенир тIоритIулаан гIалимзабазулгун, политиказулгун дандчIваял, кумек гьабулаан Мо­скваялда цIалулел студентазе яги къварилъиялде ккарал ракьцоязе.

Масала, ракIалда буго Москва­ялда гIагарлъухъ ракьги босун, гьениб гостиница, мажгит, школа базе, гьеб централда ГIабдулманап НурмухIамадовасул цIарги лъезе. БатIи-батIиял идарабазде кагътал хъван, хитIабал гьарун, гьеб рахъалъ хIалтIи байбихьун бугин абизе бе­гьула.

 

Масала, кватIичIого къотIи гьаби­зе буго М. Горькиясул цIаралда бугеб Москваялъул театралъул (МХАТ) художествияв нухмалъулев Эдуард Бояковасулгун. Жиндир лъимерлъи, гIолохъанлъи Гъизилюрталда иналъ сундалъун бугониги Дагъистаналъе пайда гьабизе бокьун бугин вукIуна гьев.

Гьедин бокьараб мехалда выстав­каби тIоритIиялдалъун Дагъиста­налъул культура, спорт, жамгIияб гIумру, экономикаялъул, туризмалъул яги гIелмиял ресалгун цогидаб бихьизабизе квадратияб кIинусго метр бугеб сверухълъи кьолеб буго Бояковас МХАТалда жаниб. Гьеди­наб машгьураб бакIалде бакIарулеб халкъалда цебе реклама гьабуни, кигIан кIудияб къадру республика­ялъулги букIинеб.

 

Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула гьанже вахъун гьаб бетIер унти тIаде босизе щай абун. Дицаги гьабичIони, цогидазги рехун тани, лъида бо­жун нилъер миллатцоял, ракьцоял хутIизе ругел? ГIемер рачIуна Мо­скваялде 18-20 сон барал гIолохъаби. Я рикъзи кьезе, я гIакълу гьикъизе чиги гьечIого, гьабизе жо лъала­рого чара хун рукIуна гьел. Цинги хъулухъ гьечIеб пишаялда гьоркьо­веги ккун, гIадада хвезеги рес буго гIолохъанчиясул гIумру. Культурияб централъ абуни цониги жо ургъизе бегьула гьезие кумекалъе. Масала, цо чияс моцIица гьабулеб хIалтIи цохIо звонокалдалъун (лъай-хъваяздалъун) гьабулел гIадамалги рукIуна (депу­татал, бизнесменал, политикал, ар­тистал). Гьеле гьездасаги босизе бе­гьиларищ пайда?

Гьединго къварилъиялде кка­рав щивав чиясе гIарац кьезе хIал кIоларелъул, гьелъие гIоло фонд гIуцIизеги хIалбихьизе бегьула.

Жакъа къоялда щунусазарго чи вугин абула Москваялда дагъиста­ниязул. Аслияб куцалда даран-база­ралдагун хъаравуллъиялда ва транс­порталда хIалтIулел руго гьел, — ан бицана И. ХIайдарбеговас.

 

 

Гугариялде нух

ЦIумада районалъул Инхокъва­риса ХIайдарбегилги Гьадигатил­ги анкьго лъимералъул цояв ккола Ихаку. Гьев гьавуна Ведено росулъ, дагъистаниял Чачаналде гочинару­раб заманалда.

ХIайдарбеговазул хъизан гьени­са нахъ буссана 1955 соналда. Гьел, магIарухъеги инчIого, Хасавюрт рай­оналъул Октябрьское росулъ чIана.

 

Ихакуца тIоцевесев тренерлъун кIудияв вац МухIамад рикIкIуна. Гьес ругьун гьавурав, тIадежоялъе гугариялде хIатталдаса ун кIудияб рокьи бугев Ихакуца данде вазе то­лев вукIун гьечIо щивго.

Гьедин, тIадеялдаса тIаде камил­лъулеб букIана Ихакул махщел. Хас­го МахIачхъалаялде, техникумалде цIализе вачIиндалги цIубана гьеб. ГIали ГIалиевасул школалдеги кка­на гьев.

 

Дагъистаналда спортсменал цIикIкIун рукIиналъе гIилла гьадин бичIчIулеб буго Ихакуда:

«Гьадинаб берцинал, квербичча­рал, ракI бацIцIадал гIадамазулги гьайбатал мугIрузулги ракь Дагъ­истан букIинчIебани, гьалгощинал чемпионал рахъунароан. Гьелда­го цадахъ икъбалалда бараб жоги гIемер букIуна.

Кутакалда философия гъорлъ бугеб тайпа ккола гугари. ХIисаб- гIелмуги — гьелъулъ, философиягун физикаги — гьелъулъ. ХIатта, жиндие бокьараб жо гьабизабизе дандияв тIамизецин бажарула гугарухъана­сухъа.

ГIемерисел спортсменал байби­хьуда гугарухъаби рукIуна. ГIицIго хадур уна цогидал тайпабазде».

 

 

ХIабиб

Гьанже, гугариго гIадин, спорталъул цогидал тайпаби UFCялъул хIаяз дагьалъ нахъе цун рукIиналъеги мукIурлъана ХIайдарбегов.

— Амма цо шоу гIадаб жоги буго­ха гьеб. БукIаниги, жакъа нилъер спортсменазул къимат гьабулеб буго дунялалъго. Гьезул рахъккун, гьез­даса рохулел гIадамал Дагъистанал­дасаги цIакъ гIемер ратула цогидал улкабазда. Хасго ХIабибидаса.

Гьесдаса интеллигентлъи чорхолъ бугев цоги спортсмен дида лъала­ро. Бокьараб даражаялда кIалъазеги лъала гьесда. Тарбиялъул рахъалъги тIад кIалъазе бакI гьечIо, — ян бицана гьес.