«Авар мацI лъангутIи ками буго дий»

Амина Шахтаманова:

 

Цебе гьунар бугев чи редакциялъе тIатунаан газеталда рахъизе гьез рачIарал асараздасан. Гьанже гьел гIемериселго рагьула жамгIиял гьиназул гIатIилъухъ. Гьениб бигьаго букIуна ватIавахъизе гIакъилабги гьодорабги рагIул чи.

 

Фейсбукалъ тIатинаюна нижее, Дагъистаналъул адабияталда
машгьураб фамилиялъул яс, Амина Шахтаманова. КучIдулги, ритIухълъи цIехолел жиндирго бегIерал пикрабиги, жакъасеб къоялъул захIмалъабиги Аминаца рагьула гIурус мацIалда. ГIумархIажи Шахтамановасул вацасул лъимал МухIамадсултIан ва Мурад рахъана имгIалас нахъе тараб ирсалъул къимат гьабулеллъун, жалгоги шигIрияб рагIуе гьунар бугеллъун. Амина ккола, жиндир гьунаралъул хIакъалъул, хасго бицине мустахIикъав Мурад Шахтамановасул яс.

 

«Прости, отец, горянкой я не стала,

Платок не красит голову мою…» гьал рагIабаздалъун байбихьулеб буго Аминаца инсуе ракIрагьун хъвараб кечI. Аминал гIумруялде бугеб бербалагьиги, инсудехун бугеб хIурматги, магIарул чIужугIаданалда жиндирго йикIа-яхъин релълъинчIолъиялдаса рекIекълъиги буго, тIаса лъугьаян гьарулеб гьеб кочIолъ.

 

Инсуца гьелда данде жаваблъун хъвараб кочIолъги лъун буго гьединабго хинлъи, гъваридаб магIна. «Мун гьаюралдасаго йикIана магIарулайлъун» абун жаваб кьолеб буго Мурадица ясалъе. Дур гъалатIазулъ жиндир гIайибалъулги бутIа бугин, гьелъул жавабчилъиги кIияздаго бугин абулеб буго гьес ясалда.

 

МагIарулазул машгьурав шагIирасул ирсилалда миллаталъул мацI щайдай лъаларебин абун ракIалде ккезе бегьула щивасда. Гьеб буго цо чанго соналдаса нилъер наслуялъулги букIине бегьулеб къисмат. ХIисаб гьабун бихье, ахираб 10 соналда жаниб росабиги чIунтизе тун шагьаралде гочанщинаб халкъалъул лъимал кинаб мацIалда кIалъалел ругелали? Бицунищ эбел-инсуца гьезда рахьдал мацI? ГIемерисез рокъобги къватIибги гIурус гурони бицунаро. Лъималазе лъикIалъе гьабулеб иш бугин гьебилан ракIалде кколеб батила эбел-инсуда.

 

Инсул миллаталъул мацI лъангутIиялдаса сонал анагIан пашманлъулей йигин жийин бицана редакциялде гьоболлъухъ ячIарай Амина Шахтамановалъ.

 

Аминал эбел ккола Дагъогниялдаса даргияй. Заманаялъ ва къисматалъ хисизабуна гьезул рукIа-рахъиналъул къагIида, хадусеб наслуялъ бицунеб мацI. Гьелъул кьучIалда бижараб батила Аминал «ТIаса лъугьа, эмен, лъугьинчIо дун мугIрул яслъун» кечIги.

 

 

 

— МагIарулазул машгьурав шагIирасулгун гIагарлъи букIиналъ дудехун гIадамазул кинабгIаги батIияб бербалагьи букIунищ?

— Шахтаманова фамилиялъул дие лъикIлъи гуреб зарал букIинищха. Цо нухалда ГIумархIажил гьудулас, имгIаласго гIадин кучIдул хъваларищан цIехон хъван бачIана. ГьитIинаб мехалда цо-цо кечI хъвалей йикIун гурони, хъвадаризе ракIалдего ккун букIинчIо. ХIалтIиги хъизан-лъималги ругони, шигIрабазде чIужугIадан регIилищин ракIалде кколаан. ХIалбихьизе бегьулин гьес абидал, лъугьунищан хал гьабуна дицаги. Хъварал кучIдузда гъоркь дурго цIар хъвазе бокьичIони, чиярги хъвазе бегьулин малъана гьес. Чияр цIаралда гъорлъ яхчаризе дица квешлъи гьабулеб гьечIинги абун, байбихьана хъвадаризе. Диего рекIее асар гьабулебщинаб жо къалмиде босулаан.

 

 

— Дур гьунаралда инсуца щиб абулеб?

— Дица кучIдул хъвалин абураб жо инсуца гIадахъго босулароан. Цо нухалда дицаго хъвараб кечI лъун букIана Фейсбукалда, автор щивалиги хъвачIого. ЛъикI хъван бугин абун букIана гьес гьеб кечI цIалун хадуб. Инсуда лъалароан гьеб кечI дица хъвараб букIин. Хадуб, дагьабго заманалдасан дир тетрадалда хъван гьеб кечI бихьидал, дуцайищин гьеб хъван букIарабинги абун, эмен хIикмалъун хутIана. Дун цо унго-унго хъвадарулей гIадан гIадин гьес рикIкIинчIо, кIварго гьабичIого тана.

Хадуб гьесда батIи-батIиял гIадамаз бицунеб букIун буго дур ясалъги кучIдул хъвалел рагIулинхаян. Гьеб мехалда гурони гьес кучIдузул хIакъалъулъ диргун хабарги гьабичIо. Дуца гIадамазда рихьилалде гьел кучIдул къачIазегIаги къачIалищанги абун, гьезул гIунгутIаби цIехолаан гьес.

Машгьурав шагIирасул фамилия бугей гIаданалъ пикру гьабизе кколин хъвалелъулгиян абула дида инсуца. Цин лъикI камилго лъазабизе кколин кучIдул хъвалеб къагIида, цIикIкIун адабият цIализе кколин бадибчIвайги гьабула гьес. Дица рекIелъе бачIухъе хъвала кечIги.

Кинаб букIаниги иш гьабилалде гьеб гъваридго лъазабизе, гьелъие дандекколеб лъай щвезе цIализеги кколин рикIкIуна инсуца. ЦIакъ тIалаб бугев чи вуго нижер эмен. 45 сон бараб мехалъ дизайнерлъун цIализе лъугьана гьев. Москваялда дизайнерлъиялъул академиялдаги цIалун, дипломги щун, вачIана. Инсул гIадат буго, кинаб ишалде вуссаниги, гьеб гъваридго лъазабулеб. ТIаса-масаго иш гьабулеб къагIида гьесул гьечIо.

 

 

— Кинавлъун хутIарав дур ракIалдещвеязулъ ГIумархIажи Шахтаманов?

— Нижер кIудадал вац ГIумархIажи вукIана аваданаб ва гьебго заманалда кьварараб хасияталъул инсан. Дие цIакъ вокьулаан гьев, живго унеб бакIалде, бихьинал ракIарараб горсверулъе-цин ячунаан гьес гьитIинай дун. ГIемерисез абула дирги гьесда релълъараб хасият бугилан.

Дида кIочонаро вацазул цогидал лъималаздаса ГIумархIажие бищунго дун йокьулей йикIараблъи. Дидагоги ккола дир жигарги, гьабулеб ишалде гъираги гьесулалда релълъараб бугин. Дун школалда цIалулеб мехалъ, дарсаздаса хадуй инсухъе хIалтIуде унаан. ГIумархIажиги, Москваялдаса вачIингун, нижехъеги щолаан. Квана-гьекъолеб бакIалдаги гьалмагъзабигун поэзиялъул, гIумруялъул, доб заманалъул цере чIарал масъалабазул бицунев вукIунаан. Дунги, гьитIинай гIадан, кIвар кьун гьез бицунеб жого щибдаян абун, бичIчIулеб ххвелги гьабун, гьезухъ балагьун чIолаан.

 

 

— Шахтамановасул кучIдул магIарул мацIалда цIализе гъира букIунарищ дур?

— ГIумархIажил гIурус мацIалде руссинарурал асарал цIалула дица. РуссинаричIелги цIализе бокьиларищха, амма магIарул мацI лъангутIи буго кIудияб гIунгутIи. КIудияй гIунагIан, заман анагIан инсул рахьдал мацI лъазабичIолъиялдаса ракIбакъвазе бачIуна. Заман анагIан унго-унгояб, бидулъ бессараб тIабигIаталде юссине бокьулеб буго. Кинабго магIарул некIсияб тIагIел бокьула, авар мацIалда кIалъалев чи рагIидалги гьезда рухIдаллъун хутIула. ХIалтIудаги сверухъ ругездаги гьоркьоб магIарул мацI къваригIунарин, дунял-магIишат гьабулел рукIун кIвар гьечIого толеб буго гIемерисез рахьдал мацI. Кин бугониги, заман анагIан, кинаб мацIалда кIалъаниги, нилъерго аслуги, гIадат-гIамалги чорхолъа батIалъизабун бажарулеб гьечIо.

 

 

— Умумузулгун рухIияб бухьен цIунизе кколин абураб пикруялде кида мун ячIарай? Дур лъималазеги ва букIинесеб заманалдехун гьезул лъималазеги гьеб бухьен хIажалъиладай?

— Ахираб заманалда Дагъистаналъул антиквариатал рокьулел руго. КинабгIаги къайи босулелъулги нилъерго халкъазул расенал ругелде ракI цIцIала. Цебеги кинабго некIсияб къайи бокьулаан, гьанже хас гьабун Дагъистаналъулаб бокьулеб буго. Ахираб заманалда гIемер пикру гьабула кисадай дие гьаб ватIаналде рокьийин абун. Цебе гьединаб жоялъул пикруго гьабулароан.

РакIалде ккола заман анагIан, кIодолъанагIан рахьдал мацI лъангутIиги дие захIмалъизе бугин, дирго цо бутIа камурай гIадин йикIине йигин.

Къварилъи ккараб бакIалда, зигараялъ щведал дида гьел рахьдал мацIалда цIакъ гъира-щавкъгун кIалъалел рихьула. Дидаги лъалеб букIарабани гьедин кIалъазеян ракIалде ккола.

КигIан дие бокьаниги, гьанже дир рес гьечIо гьезда рахьдал мацIги лъазе кколин, гьелъул къиматги гьабизе кколин малъизе. Цин дидаго лъазе ккеларищ.

 

 

— Цогидал гIадамаз дур кучIдузе лъикIаб къимат кьолеб бихьидал, щиб абулеб инсуца? Йохулищ мун социалиял гьиназда гIадамаз лъикIаб къимат кьеялдаса?

— Дир кучIдузе социалиял гьиназда «лайкал» лъун рихьидал, инсуца абула: «Гьезда киназдаго гуро поэзиялъул магIна бичIчIулеб, гьединлъидал дуда ракIалде ккоге дуца цIакъ лъикIаб кечI хъван бугин абун». Мун гьезие гIадан хIисабалда рекIее гIуралъухъ лъолеб батулин дур асаразе лъикIаб къиматин абула гьес. Гьев хIинкъулев ватила дун чIухIилин, пахрулъилин абун.

Дицагоги гьеб хIужа цIакъго кIодо гьабуларо. Мун йигей цIакъайин абун рецц-бакъалъул рагIаби хъвалел гIадамаздаги божун, куркьбал рижун йоржунаро. Поэзиялъулги бичIчIи бугел, битIараб къиматги кьезе лъалел кIиго-лъабго чияс лъураб «лайкалдаса» йохула дун, бокьанщинав чияс лъураб азарго «лайкалдасацин». Гьеб иш бичIчIулев цо чиясгицин лъикIаб къимат кьей буго аслияб жо.