РакIалдещвеязул чIинкIиллъиялда

Намусалъул сивуний сси

бугей магIарулай

 

МугIрул чIужугIадан! Дур бицун свакалей гьечIо дун. Цо-цо мехалда дур берцинлъи рагьизе рагIабигицин ратуларого йикIуна.

ГIагарал мугIрузул тIогьазда ду­цаго дуего бараб намусалъул сиву­ний гIодойги чIун, хIайранго ялагьун йиго мун дуниялалъухъ.

 

Роол иххаз чурхъаниги, хасалил бураназ квегъаниги, къуркьичIо мун къисматалъе. Гьез дагьабги къуват кьуна дуе. КочIолъги ахIараб дур берцинлъиялъул, къисаби сайгъат гьарурал дур гьайбатлъиялъе, хъи­замалъул гъасда даим сунареб дур цIаялъе бетIерги къулараб жибго гIумруялъ.

МугIрул чIужугIадан! Бокьун буго жакъаги цоги нухалда дуе сайгъат гьарурал рагIаби хъвазе. Гьаб нухал­да дир лъай-хъвай ккана Зайнабил­гун. Щвана дун гьелъул рокъоеги.

 

Дица нуцIа рагьулаго, дандего ячIана сабураб гьурмада гьими­ялъ жиндирго накъишал рахъарай чIужугIадан. ЛъикI щварайилан магIарул мацIалда гьей кIалъаниги, гIурус мацIалда жаваб кьолей дие бадибчIвайги гьабуна гьелъ. Дунги дагьай йихха-хочана, гьей магIарул мацIалда кIалъайдал.

— Щай дида лъалареб магIарул мацI. Валлагьги лъалебха. Дун чIухIула магIарулай ятиялдаса. Болъихъ гьаюрай ва гьенийго гIурай дида цIакъ лъикIха лъалеб магIарул мацI, — иланги абун, гьимана гьей.

 

Гьелъухъ кодоб букIана да­гьаб цебегIан къватIибе биччараб «ХIакъикъат» журналги.

— Вай-вай, магIарул журнал-газе­тагийищ дуца цIалулеб? – илан дица гьикъидалги, гьаб нухалдаги жава­балъул бакIалда гьимана гьей.

Унго-унголъунги, гьимиялъ чIужугIадан берцин гьаюн толеб куц. Гьелъ херлъиялъе кьун букIунеб гьайбатлъи. Гьелъулъго бахчун букIунебщинаб къварилъиги! Цоги­даздаса пашманлъи бахчараб гьи­ми…

 

ТIоцебесеб иргаялда, гьелъ ракIалде щвезабуна жиндирго тухумалъул тарих. Ва дагь-дагьккун гьелъ дун ячана ракIалдещвеязул чIинкIиллъиялде. Гьениб гъасда гьелъ цIидасанги бакана цIа.

РакIалдещеял. Гьелин абуни, гIезегIан ругоан Зайнабил. Бицана гьелъ дие умумузул, кIудиял умуму­зул, гьезулги…, гьезулги… умуму­зул къиса. Гьелъ гьединго лъазарун руго гьезул хобал ругел бакIалгицин.

 

Гьеб кколарищ жакъасеб гIелалъе унго-унгояб мисаллъун, анкьумуму­зул къисматалъул балъголъаби лъа­зари. Гьеб букIана дие Зайнабидасан щвараб гIумруялъул дарс.

— Я, дир эбел, гьай ячIун йиго, дур анкьумумузул хъвазе гурей, дур хIакъалъулъ хъазе,- йилан яс Амина­тица абуниги, Зайнабица жиндирго ракIалдещвеял лъугIизаруна.

— Гьале гьанже щванаха дидего ирга, — йиланги абун, цодагьалъги лъалхъун, цоги нухалдаги гьимун, цIидасанги ракIалдещвеязул караче­лазулъе лъугьана гьей.

Гьез еэдулей йикIана, санал ран кIодолъаниги, гIолохъанлъиялъул гьимиялъе хилиплъичIей, хъахIаб халгIаталъе бараб гьаялъе жегиги ритIухъайлъун хутIун йигей Зайнаб Агъларовна ГIалиева.

 

 

ХъахIаб халгIаталъе бараб гьа

Болъихъ гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, гIолилай цIализе лъу­гьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде сах гьариялъул факультеталде.

Гьебги лъугIизабун, хIалтIана Гъизилюрт шагьаралъул больница­ялда, жиндиего къисмат гьимараб Казбек районалъул больницаялда. Чанго соналъ нухмалъи гьабуна гьеб больницаялъе. ЦIакъго жавабчилъи цIикIкIараб гьеб хIалтIи роцIинабулаго, гIемер захIмалъабиги къулчIизе ккана гIолохъанай бетIерай тохтуралъ.

 

1975 соналда ячIана МахIачхъалаялде, Централияб больни­цаялда хIалтIизе. Цин хIалтIана га­строэнтерологлъун.

1984-2011 соназда хIалтIул кIудияб хIалбихьи щварай Зайнаб ГIалиева хIалтIана гьебго больницаялда по­ликлиникаялъул рахъалъ бетIерав тохтурасул заместительлъун.

 

Гьенибги тохтуралъ жийго йихьи­заюна махщелчилъи тIадегIанаб да­ражаялда бугей хIалтIухъанлъун.

Гьелъ жигараб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналда амбулаториябгун по­ликлиникияб хъулухъ гIуцIиялъулъ. Гьеб заманалда Дагъистаналде рачIине лъугьана Чачаналдаса, Ин­гушетиялдаса ва Северияб Кавка­залъул цогидалги регионаздаса ун­тарал.

 

— Дун щвечIеб районги шагьарги Дагъистаналда хутIунго батила­ро. Гьеб дица кIудияб талихIлъунги рикIкIунаан. ГIадамазе кумек гьаби­зе щвейги, гьезухъе гIумруялде рокьи­ги хьулги тIад буссинабиги, гIагараб халкъалъул сахлъи цIуниялъул хъа­равуллъуда чIезе рес щвейги – гьеб букIана дица хъахIаб халгIаталъе кьураб гьа. РакIалда гьечIо цони­ги нухалда дун гьелъие хилиплъараб хIужаги. ХIалтIи бокьулеб бугони, дуда захIмалъабигицин рихьуларо. РакIалда буго 1994 сон. Дагъиста­налда нахъеги багъарана вабаъ (хо­лера) унти. Гьеб букIана унтаразе хехго кумек къваригIараб заман. Сордо-къо гурого, хIалтIулел рукIана тохтурзаби. Амма унти нахъчIвазе бажарана, тохтурзабазул жи­гарчилъиялдалъун. Дида доб заман ракIалде щвана, жакъа бугеб ахIвал- хIал бихьидал. КоронавирусгIан захIматаб гьечIониги, вабаалъги чанги гIумру ана бакIарун. Амма доб заманалде дандеккун, жакъасеб медицинаялъулъ гIемерал хиса-баси­ялги ккана, цебетIунги бачIана. Ща­ялиго хадур гъезе толел гьечIо нилъ гьаб унтуца. Дунялалда ругелщинал лъикIал тохтурзаби тIаделъаниги, къеларин чIун бугеб унтуца гъуру­леб бугеб халкъ бихьидал, беразда магIуги бакъвалеб гьечIо, — янги абун, къварилъахъдизе лъугьана Зайнаб.

 

Тохтурлъиялъул аслиял хIалтIабазде тIадеги, Зайнабил рукIана цо­гидал ишалги.

Масала, гьей кколаан Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ республикаял­да тIобитIулеб «ЛъагIалил би­щунго лъикIав тохтур» кон­курсалъулаб комиссиялъулги, «Российское общество по организа­ции здравоохранения обществен­ному здоровью» гIуцIиялъулги членлъунги.

 

Зайнабил библиотекаялда бугеб бицатаб цо тIехьги кодобе босана дица. Ургъунго босараб гIадин, гьеб батана «Кавказалъул машгьурал» абураб тIехь. Гьенир хъван ругоан миллияб тарихалда лъалкIал тарал руччабазул хIакъалъулъ макъалаби. Бегана тIехь — гьенисан дие цоги нухалда гьимана Зайнаб — берци­наб гьурмада намусалъул накъишал угьарал багIарал гIанабиги, гьезда чIвараб мугьру гIадал, гвангъарал, талихIалъул цIурал зодилкьерал бе­ралги ва гьале доб гьимиги, кидаго – сонги, жакъаги, метерги — Зайнабида цадахъ гIумруялъго бугеб, гьелъул къисматалъул сухъмахъалги къалъизарулаго.

 

 

ГIумруялъул тIохьодаса тIанчал

Зайнаб Агъларовна ГIалиева – тIадегIанаб категориялъул тохтур. Гьей мустахIикълъана «За доблест­ный труд» медалалъе (1970 сон). Гьей ккола «ДРялъул мустахIикъай тох­тур» (1998 сон), «Сахлъи цIуниялъул отличник» абураб каранда балеб гIаламатги щвана 1975 соналда.

 

Зайнаб ГIалиевалъул ракIалдещвеязул чIинкIиллъиялде гьабураб сапаралъул пикрабазда йиго дун. ГIемераб жого къваригIунеб гьечIо чIужугIаданалъе, талихIайлъун йикIине ккани, хасго мугIрузда йи­жаралъе. Диргун къо-мех лъикI гьа­булелъулги, гьелъул гьимиялъ цоги нухалда ячIайилан гьарулеб букIана. ГIумру гIадамазе кумек гьабулаго арай, жинцаго жиндиего къачIараб берцинаб херлъиялъул гъанситохъ гIодойги чIун йигей Зайнаб за­ма-заманалдасан щола жиндирго ракIалдещвеязул чIинкIиллъиялде. Гьениб буго жакъа гьелъул талихIги…