Къадруялда тIурана тIадал хъулухъал

СултIан ГIабдулмажидов ккола БежтIа росулъа. Гьоркьохъеб школа лъугIун хадув цIалана ДГУялъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталда.

Школалда хIалтIана учительлъун, директорлъун. ВукIана райгазеталъул бетIерав редакторлъун. Партиялъул тIадегIанаб школаги лъугIизабун, хIалтIана партиялъул идарабазда. 1981-1982 соназда вукIана райкомалъул гIуцIиялъул отделалъул заведующийлъун, 1982-1989 соназда – кIиабилев ва 1990-1991 соназда — тIоцевесев секретарьлъун.
1992-2001 соназда вукIана БежтIа участокалъул бетIерлъун, 2001-2016 соназда хIалтIана РФялъул Юстициялъул министерствоялъул ва «Росреестр» гIуцIиялъул ДРялда ругел управлениязул батIи-батIиял хъулухъазда.

Гьал къоязда редакциялде вачIа-рав гьесулгун нижер ккана гьадинаб гара-чIвари.

— СултIан, дур кIудияв эмен, СултIандибир, вукIун вуго Шамил имамасул наиблъун...
— ГIолохъанлъи гьесул ун буго гIелму лъазабулаго. ВукIун вуго росдал дибирлъунги, ЧIарада, ЦIунтIа мухъазда къадилъунги. Анкьго васасул эмен, лъикIаб лъай-бажари бугев чи вукIин хIисабалдеги босун тун вукIун ватила гьев наиблъун.

— Кавказалъул рагъда гIахьаллъарав, гьелъул хIасил бихьарав гьев вукIун вуго 1877 соналда пачаясда данде байбихьараб багъа-бачариялда гьоркьовги…
— Гьелъие бугин ккола кIиго гIилла. ТIоцебесеб, исламияб дин къварид гьабулеб букIин. Цо рахъалъ нилъер гIадамал ругьунлъун рукIана шаргIияб низамалде. Гьелдаго цадахъ, хехаб хIалалда рилълъанхъизарулел рукIана пачаясул светиял законал ва тIадеялдаса тIаде цIикIкIунел рукIана гьезул дандеккунгутIаби. КIиабилеб, Гуржиялъе ва Чачан ракьалде заманаялъ хIалтIизе ун гурони бетIербахъи гьабизе гIадамазе цIакъго захIмат букIин. ХIакъаб жо, гьеб кинабго гIемер лъикI бихьулаан ва лъалаан СултIандибирида.

— Амма гьесул вас Къебед-мухIамад вукIун вуго пачаясул хъулухъалда…
— Гьеб буго хIакъикъияб хIужа. Гьев вукIун вуго цIаларав, кIалъазеги лъалев, гьабулеб-толелъеги махщел-гьунар бугев чи. Гьев вукIана Анцух-Капучи участокалъул начальниклъун, Гъунив къадилъун. Гьесул вац, дир инсул эмен ГIабдулмажидги цо заманалда вукIун вуго гьебго участокалъул письмоводительлъун. Доб мехалда хъвазе-цIализе лъалел гIадамал гIемер рукIинчIелъул, ахIун рукIине ккола гьевги гьевго гIадинал цогидалги пачаясул хъулухъалде.

— ХIурият ккун хадуб цIияб власталъги тун гьечIо гьесие рахIат. Гьелъие гIилла щиб букIараб?
— Гьесде чIвалеб гIайиб букIана «пантюркизм» абураб. Гуржиялъа гIемераб ярагъги босун БежтIе щварав ХIоцоса Нажмудиница байбихьун буго доб багъа-бачари. Гьелъул жигарав гIахьалчилъун ккун вуго КъебедмухIамадги. Гьесул рокъов рещтIун вуго Нажмудин, дандеккун буго гьезул рагIи. ЦIакъго хIалуцараб, лъица щиб гьабулеб бугебали лъалареб доб заманалда гIемеразул букIанин абула турказ кумек гьабилин абураб хьул. Амма абизе бегьула гьез нилъерал махсараде ккунин абун.
1921 соналда Нажмудинил управделамилъун вукIарав гьесде гIунтIизабун буго турказул рахъ кколев чийин абураб гIайиб ва гьев кодове кьезелъун жанив тIамун вуго гIагарлъиялъул 40 чи. Гьеб хабар рагIарав КъебедмухIамад, жив сабаблъун гIайибго гьечIел гIадамал къварилъуде ккезе теларин абун, вачIун вуго кверде. ТамихI гьабун чIван вуго 1922 соналда.

— Бигьаяб букIун гьечIо дур инсул къисматги…
— Пачаясул заманалдаса нахъе Гуржиялъ букIана бежтIадерил 1000-гIанасеб цIараки. Чачанал Гьоркьохъеб Азиялде ва Казахстаналде гочинарураб заманалда (1944 сон), гьанжесеб БежтIа участок унаан ЛъаратIа районалда гьоркьобе. Чачаналги гочинарун эркенлъараб гьезул ракьалде ритIулел дагъистаниязда гьоркьоре ккечIо гьеб районалда ругел бежтIал. Амма ритIана Гуржиялъ ругел бежтIадерил вакилзаби, гьезда гьоркьов дир эменги. Хадуб инсуца бицунаан гьадин: дова росдал советалъул председательлъун вукIарав жинда аскIове пуланаб къоялъ вачIанин цо херав чачанав (гьесул рокъоб гIумру гьабулеб букIун буго инсуца) ва гьес абунин: «МухIамад, мун дида вихьула динги бугев, магIнаяв чи вукIин. Амма кинабгIаги ихтиярги гьечIого чияр минаги ккун как-дин гьабулев дуе кинаб кири букIунеб, дуца тIаде босулеб гьечIищ мунагьаб иш», — ан абун. Ва гьеб мехалда бичIчIанин жинда гьеб хIалалда чIани ахир-къадги мунагьалде ккезе вукIин, БежтIа гьавурав, Гуржиялъ гIурав, Чачаналъ херлъарав жив инсул ВатIаналде тIад вуссине кколеблъи. Гьебго соналъ (1952) БежтIе нахъ вуссунги вуго.

— Чачаналъе ритIарал гIемерал нилъер росабазда гьоркьоре ккун гьечIо магIарухъ ругел нужер росаби, амма мадугьалихъ ругел цIунтIал гочинарун руго цIакъго вахIщияб хIалалда.
— БукIун буго доба дандечIейги, гIаммаб буголъи пасат гьабиги, камун рукIун гьечIо рагъдаса лъутаралги. ГIайиб бугезе тамихIги гьабизе, низам хвезабулел гIадлуялдеги цIазе ккела. Амма жиндирго мина-къайги умумузул ракьги рехун тун, хIал гьабун лъазего лъалареб бакIалде гIадамал гочинари кинха битIараблъун рикIкIинеб. Гьеб буго зулму.

— Дур умумузул буго захIматаб къисмат, гьелда цадахъ бечедаб тарихги. Гьезул ирсилав, мун, батIияб заманалда, батIияб гIуцIиялда ккун вуго районалъул нухмалъуде.
— ТIоцебесеб иргаялда, исламалъул нухда, гьелъие гIоло рухI кьурал умумузул дие щвана баракат. Гьез, гьезул къисматалъ, дун ахIулев вукIана сабруялде. Гьелдаго цадахъ диргун данде кколарел, дидехун жахIда бугел гIадамал кидаго рукIунаан дун «антисоветчик» вугин, дир кьалбал божи гьечIел ругин абун нахъасан хъвадарулел. Гьеб хIужаялъ, хIакъаб жо, рекIее асар гьабичIого хутIулароан. Амма гIарзазул, киналго халгьабиязул хIасилаз рехичIо дида тIаде чорокаб «рагIад», бахинабизе кIвечIо хъублъи. ХIасил гьабун абуни, дир хIалтIулъ кидаго букIана гьеб кIиябго рахъ.

— Мун вукIана цин ЦIунтIа районалъул, хадуб БежтIа участока-лъул нухмалъулевлъун. ХIажалъи букIанищ цо район кIийиде бикьизе?
— Районалъе дица нухмалъи гьабулеб заманалда ккана гьеб рикьи. 1944 соналда ЦIунтIа район Чачаналде гочинабулеб заманалда гьелъул райцентр букIана Шаури росу. Гьанжесеб БежтIа участок доб мехалда унаан ЛъаратIа районалда гьоркьобе. ЦIунтIал жидерго росабалъе тIад руссараб 1956 соналда, ЛъаратIа районалда гьоркьоре унел рукIарал бежтIадерил росабиги тIаде журан, цIидасан гIуцIана район ва гьелъул райцентрлъун гьабуна БежтIа росу. Гьелдаса нахъе цIунтIадерица зама-заманалда борхулеб суал букIана район цебе букIараб къагIидаялда гIуцIи, гьелъул центрги БежтIаса Шаурибе бахъинаби. Гьеб цIакъго захIматаб, цадахъго гIемерал магIишатиялгун социалиял суалал тIуразе кколеб масъала букIинги бичIчIун, кидаго нахътIамун толаан. Лъиениги бокьулароан жавабчилъи тIаде босизе.
Биххана пачалихъ, лъугIана партиялъул иш ва кинабго биччан тараб доб заманалда хIалуцана гьеб суалалда сверухъ ахIвал-хIалги. Дагьаб заманалда жаниб лъобе щвечIеб комиссияги, МахIачхъалаялдаса рачIинчIел вакилзабиги гIемер хутIун ратиларо. Ахир-къадги рачIана гьадинаб хIукмуялде — районалъул центр бахъана Кидеро росулъе, районалъул статус гьечIониги, цIи гIуцIараб БежтIа участокалъул центрлъун тана БежтIа росу. Бищун лъикIаб ва битIараб хIукму букIун батичIониги, гьеб букIана маслихIаталъул нух.

— Районалъул статус гьечIо-лъиялда бан участокалъе къварилъи бугищ?
— Участок ккола жидерго бюджетги киналго хIажатал идарабиги ругеб муниципалияб гIуцIи. Законалъ районалъе кьун ругел киналго хъулухъалгун ихтиярал гьелъги тIурала. Буго цо гьадинаб суал – территориалияб къагIидаялъ гьеб батIа гьабун гьечIо (гIорхъаби ругониги), уна ЦIунтIа районалда гьоркьобе. Руго цо-цо юридикиял дандеккунгутIаби, ккола налогазул рахъалъ жеги тIурачIел, амма тIуразе хIажатал суалалги.

— Заманалда рекъон кин хисулеб бугеб участок, лъикIлъулел ругищ гIадамазул рукIа-рахъиналъе шартIал?
— БежтIагун ЦIунтIа буго кидаго захIматал шартIал рукIараб, хIама-чуялъе гурони нух гьечIеб, бетIербахъи гьабизе захIматаб бакI. 1956 соналда гурони БежтIе машина бачIинчIо. Токалъул мухъ ЦIунтIе щвана 1973 соналда. 1986 соналда тIоцебе хIалтIизе байбихьана телевидение, доб мехалъ бокьараб информация лъобе щолаан цIакъго кватIун. 1993 соналде щвезегIан МахIачхъалаялдаса БежтIа росулъе хьвадизего хьвадулароан автобус. Дол соназда дандеккун гIемерго лъикIлъана шартIал, гьабуна гIемераб хIалтIи, гьаруна лъикIал нухал, цIилъулеб буго гIумру. Гьебго заманалда колхозал-совхозалги риххизе тун, хIалтIизабулеб гьечIо гIемераб ракь. Дида битIараблъун бихьуларо гьеб хIал. ГIезегIан руго лъикIал нухал, амма къваригIун буго гьел дагьалги лъикI гьаризе, туризм цебетIезабиялъе ресал гIуцIизе.

— Мун хъулухъазда вугеб заманалдаги гьабсагIаталдаги чиновниказул хIалтIул даража данде-ккуни, щиб абилеб?
— Цере кадраби гIезарулаан, гьезие тарбия-лъай кьолаан гьитIинаб къоялдаса байбихьун, гIемерал хIужабазул хIисаб гьабун. Кьураб рагIулги гьабулеб ишалъулги жаваб кьезе кколаан, гьезда рекъон кьолаан къиматги. Гьанже гьедин гьечIо. Дун мекъи вичIчIизе бегьула, амма дир хIисабалда, гьал рищиялги нилъер гIамал-хасияталда данде кколаро. Гьезулъ гьечIо кинабгIаги ритIухълъи, гьездехун гьечIо кигIан дагьабниги божилъи.

— Нилъер гьаб гара-чIвариялъул ахиралда абизе бокьараб жого букIинищ дуе?
— Дица бана 70 сон. Дица дунго рикIкIуна талихIав чилъунги. Бокьарав чиясул бадиве балагьизе кIолеб хIалалда тIубана пачалихъалъул хъулухъ. Киданиги течIо бажарараб кумек гьабичIого. Дида лъан лъиениги квешлъиги гьабичIо. Щиб хъулухъалда вугониги, хIалтIиги гьабичIо Аллагьги кIочон тун. Дир буго лъабго лъимер, гьездасаги рази вуго. Дун вохарав вуго, пенсиялдеги ун, хIажат гьечIел ишазда гьоркьовеги инчIого, парахатго дирго ро-къовеги вуссун, Аллагьас тIад лъураб налъиги тIубан, лъималазул лъималазда аскIов вукIине рес щвеялдаса.