Нилъеда батараб, нилъеца тараб

ЦеретIурал пачалихъазда гIумру гьабун ругел гIадамазда цебего бичIчIун буго тIабигIат ва сверухълъи цIунизе кколеблъи.

Гьеб масъалаялде кIварги кьола, гIемераб хIалтIиги гьабула. Дагъистаналдаги камун гьечIо тIабигIаталъул ургъелги бугел, гьеб суалалъ рахIатги толарел гIадамал. Гьединазул цояв ккола «ЭКОконтроль» абураб жамгIияб багъа-бачариялъул нухмалъулев, ОНФялъул ва ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул член, Гумбет районалъул Килалъ росулъа МухIамад МухIамадовги. Гьал къоязда газеталъул редакциялде вачIарав гьесулгун гьадинаб гара-чIвариги гьабуна нижеца.

— МухIамад, щиб мурадалда ва кида гIуцIараб дуца нухмалъи гьабулеб багъа-бачари?
— ТIабигIат цIуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб ахIвал-хIалги бихьун, гьеб дагьабниги лъикIаб рахъалде сверизабизе кIвелародайин абураб хьулалъ гIуцIана гьединаб багъа-бачари. Гьеб гIуцIаралдаса лъагIелгIанасеб мехги буго. Байбихьуда дагьалго чагIи рукIун ратани, гьабсагIаталда гьелъул мухъилъ руго гIемерал гIахьалчагIи, хIаракатчагIи. Нижер вакил камураб районги гьечIо.

— Республикаялда гIезегIан руго тIабигIат цIуниялъул мурадалда хIалтIулел пачалихъиял идараби. Гьезде тIаде нужер жамгIияб багъа-бачариги гIуцIиялъе щиб хIажалъи букIараб?
— Идараби гIемер руго, амма киназго гуро жидеда тIадаб хIалтIи гьабулеб бугеб. КIиабизе, мисалалъе, Экологиялъул ва тIабигIиял сурсатазул министерствоялъул вакилзаби руго районаздаги. Амма цо хIалтIухъанасде, ай вакиласде тIаде ккола 2-3 район ва гьесухъа кинго бажаруларо кивего щун, букIине кколеб куцалда хIалтIи гьабун. Гьединлъидал гьезие хIажат букIуна нижер хIаракатчагIазул кумек. Дун дандчIвана министр Набиюла Гъарачаевгун. Гьес лъикIаб къимат кьуна нижер проекталъе ва абуна кIвараб кумек гьабилин.
Байбихьуда камулароан нижеца гьабулелъул бичIчIунгутIи, цинги хIалтIул хIасил бихьун хадуб нижехъе гIемер рукIуна гIадамазул хитIабал, гьариял. Мисалалъе, ахирисеб ахIи букIана ЧIарада районалдаса, тIубараб моцIалъ рищни баччулеб гьечIин абураб. Гьеб районалъул бетIерасул заместителасулгун къотIи-къай гьабуна, лъил гIайибалдалъун гьеб иш ккарабали лъазабизелъун гьенир дандчIвазе. Гьал къоязда ЖамгIияб палатаялдаги букIине буго экологиялъул рахъалъ хасаб данделъи. ГIаммаб куцалда босун, нижер хIалтIул буго 12 рахъ (рохьал, кьищни, ччугIа ва гь. ц), гьезде буссинабун буго кинабго хIаракатги кIварги.

— Росабазул бегавулзабазулгун, районазул нухмалъулезулгун кинаб гьоркьоблъи бугеб? Гьезда бичIчIулищ нужеца гьабулеб хIалтIи?
— Цо-цоязда бичIчIула, жалго цадахъ рахъунги, цогидал чагIи ритIунги кIудияб кIвар кьола нижер хIалтIуде, яхI бахъула рихьизарурал гъалатIал ритIизаризе. Гьебго заманалда камуларо хIалтIул квешал рахъал къватIир чIвазарулел ругинги абун, нижее квалквалал гьарулелги.

— Гьал къоязда нуж унел руго ЧIарада районалде. Гьеб «унти» (хасал операторазухъе кьун бугин гьеб хIалтIи абун, росабалъа баччулеб гьечIо кьищни) буго киналго районазе хасиятаблъун ккараб гIузру. Щиб гьелъул ккезе бугеб, батизе бугищ сабаб?
— Районаздаса ва шагьараздаса рищни баччизе гIуцIун руго регионалиял операторал (тIоцебе букIана 4, гьабсагIаталда буго 6). Гьел оператораздаги муниципалиял гIуцIабаздаги гьоркьор хъвазе кколаан къотIи-къаял. Законалъул тIалабазда рекъон, щибаб росулъ хIадуризе ккола хасал майданал, гьенир лъезе ккола рищни бакIаризе контейнерал. Гьениса гьеб заводазде баччизе ккола оператораз. Набиюла Гъарачаев ана Москваялде ва изну тIалаб гьабуна росабалъа бакIарараб кьищни заманаялъ цIунизе рес кьолел майданал (накопители) щибаб районалда разе. Жакъа къоялде жеги тIубачIо гьеб суал. Гьелъие гIарац гIолеб гьечIин абун росабалъ хIадурулел гьечIо кьищниялъе контейнерал лъезе бакIал. ТIолабго Дагъистаналда 2 (базе кколаан 3-4) гурони гьечIо рищни къачIалеб завод (Гъизляралда ва Избербашалда). Операторазги низамалда гьеб нахъе баччулеб гьечIо, баччизе ва базе бакI гьечIинги абун.
Цебе кьищни бакIариялъухъ гIадамаз кьезе кколеб гIарцул тариф букIана щибаб муниципалитеталъ жидецаго чIезабун. ГьабсагIаталда гьеб буго киназулго гIаммаб (тарифал чIезарулеб хъулухъалъу­л тIалабалда рекъон), ай щибаб моцIалъ чиясухъа 78 гъурущ. Гьелда сверухъги буго ахIи-хIур. ТIуразе захIматал ругониги, гьел масъалабазде квер хьвагIунги чIун гьечIо ниж.

— Бихьулеб буго рахIат толареб масъалалъун рохьазда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIал букIинги…
— Нилъеда ккола Дагъистаналда гIемерал рохьал ругин абун. Амма гьедин гьечIо. ХIалтIи байбихьулаго, нижехъе бачIана Гъизилюрт районалъул Нечаевка росдал жамагIаталъул рахъалдасан хъвараб гIарза. Гьезул букIана жидер росдал рагIаллъуда бугеб рохь къотIун лъугIулеб бугин абураб ахIи. Гьелдаса нахъе байбихьана рохьазул ахIвал-хIал лъазабизе, аслияб куцалда хIалтIиги ана Хасавюрталъул рохьихъанлъиялда сверухъ (гьелда гьоркьобе уна Хасавюрт шагьар ва район, Гъизилюрт район). Гьеб мухъалда къотIун ратула лъикIаб тайпаялъул гъутIби, ру­хъун гундбигун гьабулеб буго цIулал тIурччи ва баччулеб буго Москваялде гIунтIун. Гьеб ишалъул буго кIиго заралги. ТIоцебе гьелъие хIалтIизабула бортараб, бекараб, гъоркь хутIараб гуреб, лъикIаб, къиматаб тайпаялъул цIул (гьелъул гурони лъугьунаро лъикIаб тIурччи). КIиабизе, тIурччи гьабулаго хола гIемераб ракь. Гьениб гьабуна нижеца кIудияб хIалтIи, нахъе рачахъана гьеб пишаялда ратарал гIадамал, жаниб цIезабуна 500-гIанасеб гвенд. Гьеб хIалтIулъ нижее кIудияб кумек щвана рохьил магIишаталъул комитеталъул нухмалъулев Вагьаб ГIабдурахIмановасдасан. Гьесул хIукмуялдалъун исана гьукъана къвакIараб тайпаялъул цIул (микк, акация ва гь. ц) къотIизеги.
Буго цоги кIвар бугеб масъала. Законалда рекъон рохь кьезе бегьула ижараялъе. Закон лъангутIиялъги, цогидал гIиллабаздалъунги цо-цо ижарачагIаз гьеб хIалтIизабулеб буго жидеего бокьахъе – къотIун гъутIбигун гьенир ралел руго минаби, кафеял, фермаби. Гьеб хIал гIемер дандчIвала Хасавюрталъул рохьихъанлъиялда, Дербент ва Гъуниб, Казбек районазда. Хасавюрт ва Гъизилюрт районазул цо-цо росабазул бутIруз рикьулел, ричулел руго росабазул гIорхъода ругел, муниципалитетазда гьоркьорего унарел рохьазул ракьал (гьел ккола рохьил магIишаталъул комитеталъул ихтияралда ругел ракьал).

— Дуца рехсана рохьал цIуниялъул рахъалъ бугеб лъабго аслияб масъала. Гьездаго гьоркьобе унарищ изну гьечIого магIарухъ къотIулеб рохьил суалги?
— Гьенибги камун гьечIо низам хвезаби, амма доб тIурччи бахъизелъун къотIулеб, хвезабулеб рохьалъул даражаялде бахунеб масъала гьеб гуро. Дагьаб цебеги мина базе магIарухъ къотIулаан рохь, гьабсагIаталда гьеб гьечIо, киназго босула къачIараб, хIадурараб цIул. Хинлъиялъеги гIемерисез хIалтIизабула ток.

— Гьеб хIалтIи тIубалаго кинаб гьоркьоблъи букIунеб рохьил магIишаталъул комитеталъулгун? ТIабигIат хвезабулел, низам цIунуларел ижарачагIазулгун гIаммаб мацI батизе бигьалъулищ?
— Комитеталъул нухмалъулесда нижер хIалтIиги нижги ричIчIула, гьесул квербакъиги букIуна. Амма комитеталъул цо-цо хIалтIухъаби рухьун руго гIадлу-низам хвезабулел гIадамалгун, ижарачагIигун, гьезул рукIуна цадахъал ишалги. Гьеб хIужа кIудияб балъголъи гуро, гьелъ гьарула нижее гIемерал квекIеналги. ИжарачагIазул бицани, гьезул букIуна дандчIей, камуларо кьолел хIинкъаби, ккана хIужа ярагъгун нижеде данде рахъиналъулги. Гьебго заманалда гIезегIан ккана ришватал кьун ниж кверде росизе яхI бахъиялъул хIужабиги.

— ГIемер бицуна ралъдалъ чIахIияб ччугIа тIагIинабулеб букIиналъул. Дуца щиб абилеб?
— ГIемер рикIкIаде ун щай, гьале нилъеда аскIоб бугеб Ак-Гель хIор. КIиго-лъабго нухалъ ккана гьениб гIемераб ччугIа хвеялъул хIужаби. Цебе ччугIа гIезабулаан нилъер гьаниб, тIинчI биччалаан ралъдалъе. ГьабсагIаталда гьеб гIезабулеб бакIго гьечIин абизе бегьула. Гьеб суалалда хурхунги министрасулгун букIана дандчIвай. Гьес бицана жинда гьеб масъалаги лъалин, гьелда тIад хIалтIулелги ругин абун.

— Ралъдал рагIаллъуда ругониги, кваназе ччугIаги гьечIого хутIиладай нилъ гIагараб заманалда?
— Гьаб хIалалда (ралъдалъе унеб канализация, гIурумухъазде балеб кьищни, ралъдалъегун хIоразухъе биччалареб ччугIа) иш ине тани, хадубккун буго гьединаб хIинкъи. ТIаде бачIунеб гьечIони, тIаса инчIого букIунарелъул.