Нух къачIалеб буго

 …Хьаргаби росулъе гIаймакисел унел руго Лаваша росулъан. ГьабсагIаталда нух ганчIаздаса бацIцIад гьабулеб буго.

 

-Гьеб буго росдал гIадамазе хIажалъи цIикIкIараб нух. Амма къватIисан кумек щвечIого, нух къачIазе бажаризехъин гьечIо. 

 Гьадин хъвана «ХIакъикъат» газеталъ араб анкьалъул номералда. Амма гьелдаса гIемер заман инчIониги, киназулго кумекаладалъун(районалъул ва ГIаймаки росдал гIадамазул, районалъул нухазул управлениялъул, администрациялъул)  нух бацIцIад гьабун буго тIун бачIараб ракьалдасаги ганчIаздасаги. Церего гIадин, гьанжеги гIаймакисел ва цоги росабазул гIадамал  къокъаб нухдасан хьвадулел руго. СанагIатаб букIаниги, хIинкъи бугеб, чанго нухалда авария ккараб нух буго «Хьаргаби-ГIаймаки». Хасалил заманалданиги сабуралда хьвадани лъикIаб букIина гьенисан.