ЦIа ккеялдаса цIунизелъун

«ЦIияб сон» абураб профилактикияб тадбир.

 

Россиялъул МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъул МахIачхъалаялъул хъаравуллъиялъулабгун профилактикияб хIалтIул № 1 отделалъ 2017 соналъул 1 декабралдаса 2018 соналъъул 9 январалде щвезегIан МахIачхъалаялда тIобитIулеб буго «ЦIияб сон» абураб профилактикияб тадбир. Гьелъул мурадлъун ккола ЦIияб соналъул ва цогидал, ай гIемерал чагIи гIахьаллъулел тадбирал тIоритIизе ругел, гьединго пиротехника цIунулел ва ричулел бакIазда цIа ккеялдаса цIуниялъул даража борхизаби.
Гьеб тадбир тIобитIулаго, кIвар кьезе буго ЦIияб соналъул елкаби лъезе ругел бакIазда цIа ккеялдаса цIуниялъул рахъалъ тIалабал тIуразариялде: халгьабизе буго цIа свинабиялъе хIажатал алатал гьенир ругищали, сигнализация хIалтIулеб бугищали, нагагьлъун цIа ккани, гIадамал къватIире иналъе нухал кинал ругелали. Халгьабизе буго, нагагьлъун цIа ккани, гьеб киналъулго жавабчилъи тIаде кколез ва гьенир хIалтIулез щиб гьабизе кколебали щивасда лъалеб бугищали.

ТIалабал

Россиялъул МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъ гьарулеб буго цIа ккеялдаса цIуниялъул хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъул рахъалъ чIезарурал тIа­лабал цIунеян:
— накIкIигъветI лъе токалъул печаздаса, плиткабаздаса, каминаздаса, рукъ хинлъизабиялъе хIалтIизарулел цогидалги алатаздаса ва нуцIил кIалтIаса рикIкIад;
— накIкIигъветI къачIаялъе хIалтIи­за­руге кагътил гьарурал гирляндаби, пампа­дул ва картоналъул расанкIаби;
— пиротехникиял алатал росуге хасгьабун гьел ричизе бихьизабураб бакIалдаса гурони;
— гьел хIалтIизарилалде, мухIканго цIа­ле инструкция ва тIуразаре гьелъул тIа­лабал;
— санаде рахинчIел лъималазе изну кьо­ге пиротехника хIалтIизабизе ва, гьеб хIал­тIизабулаго, цIакъго гIагардегIан ру­кIине;
— нагагьлъун цIа ккани, «01» телефоналде, мобильнияб телефоналдаса «112» но­мералде кIалъан, хехгьабун ахIе цIа сви­набулезул къокъа.
З. МухIамадов,
Россиялъул МЧСалъул Дагъистаналъул бетIераб управлениялъул МахIачхъалаялда бугеб
№ 1 отделалъул начальник