Районаздаса харбал

Къокъго

 

Унсоколо районалда кIодо гьабуна Шамил имам гьавуралдаса 220 сон тIубай

Гьеб дандеруссиналда гIахьаллъана Дагъистаналъул районаздаса ва шагьараздаса гьалбал: шагIирзаби, хъвадарухъаби, гIалимзаби, тарихчагIи, журналистал ва цогидалги. Тадбир рагьана ва нухда бачана районалъул культураялъул отделалъул начальник ГI. МухIамадовас. Шамил имамасул гIумруялъул ва гьес нахъе тараб хвел гьечIеб лъалкIалъул, бахIарчилъиялъул бицана районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовас, Дагъистаналъул бетIерасул мугIрузулаб территориалияб округалда вугев вакил МухIамад Камиловас, Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасановас, Унсоколо районалъул имам ГъазимухIамад Абакаровас, районалъул хIурматияв гражданин Денга Махиевас ва цогидазги.
Тадбиралда гьаруна районалда батIи-батIиял номинациязда лъазарун рукIарал къецазул хIасилалги. Гьезул аслияб магIна букIана халкъазда гьоркьоб гьудуллъи цIунейилан абураб. Къецазда гIахьаллъана Унсоколо районалъул школазул цIалдохъаби. Гьединго данделъи берцин гьабун букIана районалда бугеб Россиялъул халкъазул маданияталъул централда рагьарал росабазул майданазги.

Росдал гIолилал цолъизаруна
ТIобитIана футболалъул рахъалъ Гъуниб районалъул КIуяда росдал чемпионат

МахIачхъалаялда «Труд» стадионалда тIобитIана футболалъул рахъалъ Гъуниб районалъул КIуяда росдал чемпионат. Гьелда гIахьаллъана I2 команда. Гьелги рикьун рукIана анлъ-анлъ команда бугеб кIиго къокъаялде. Гьеб кIиябго къокъаялда гьоркьосайин абуни къватIибе борчIана кIи-кIи команда. ПалхIасил, тIоцебесеб нухалъ тIобитIараб К!уяда росдал чемпионаталда чIел босана «Сапсан» командаялъ. Гьезие щвана кубок ва къиматал сайгъатал. КIиабилеб ва лъабабилеб бакIазе мустахIикълъана «Манчестер-Юнайтедгун» «Палачи» командаби. Гьелги кIодо гьаруна медалаздалъун ва гIарцулал шапакъатаздалъун. КIуяда буго 50-ялдасаги цIикIкIун кули. Гьелде тIадеги гIемерисел гIолилал, кибго бугеб унти, хIалтIи гьечIолъиялда бан гочунел руго гIатIиракьалде. Гьедин бугеб заманалда цоял-цоязда росуцоял лъалел гьечIо. Абизе ккола, гьебги хIисабалде босун росдал администрациялъ ва гIолилалуз цолъиялъ тIобитIараб гьеб спортивияб тадбир цIакъ бецинго, хинаб ахIвал-хIалалда ана. Чемпионат тIобитIиялъул букIараб аслияб мурад тIубана.

Болъихъ

Районалда тIобитIана «Газпром межрегионгаз Пятигорск» ОООялъул данделъи. Гьелъул хIалтIухъаби дандчIвана районалъул гIадамалгун, гIенеккана, газалдаса пайда босулаго, гьезда дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ гьез бицунелъухъ. Районалъул бетIер М. ПатхIулаевас бицана районалъул гIадамаз газалдаса пайда босулеб бугеб куцалъул, цо-цо росабалъе хъахIилаб цIатари щолеб гьечIолъиялъул ва гьелъие ресал ратизе ккеялъул хIакъалъулъ.

Хьаргаби

Районалда тIобитIараб районалъул Собраниялъул депутатазул данделъиялъул аслияблъун букIана районалъул бетIер вищиялъул суал. Сессиялда гIахьаллъана районалъул прокурор Р. МухIамадов, Халкъияб Собраниялъул депутат Р. Мирзаев, конкурсалъулаб комиссиялъул членал. БетIерлъиялде кандидатура лъун букIана гьанжесев бетIер Р. Малачиловас ва М. Гьиматовас. Депутатаз цIидасанги районалъул бетIелъун вищана Р. Малачилов.

Гумбет

ЦIиликь росдал «Лачен» ясли-ахалда данделъун рукIана районалъул киналго росабазул ясли-ахазул хIалтIухъаби. Гьоркьоб лъун букIана ясли-ахазда ругел лъималазе рухIияб тарбия кьеялъул суал. Ясли-ахазул нухмалъулез ва хIалтIухъабаз бицана жидецаго гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ. МелъелтIа росдал «Бакъ» ясли-ахалъул нухмалъулей Салимат ХIамидовалъ бицана районалъу­л школалда цебесеб лъайкьеялъул ассоциациялъ гьабураб ва гьабизе бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

 

2017 — Экологиялъул сон

Хунзахъе гьабураб сапар
Районалде щвана Дагъистаналъул техникияб
колледжалъул преподавательзаби ва студентал

«Дунял ва рекъел» абураб проекталъул автор М. Юсуповалъул, Н. Абакаровалъул, Т. Серовалъул, Ж. МухIамадовалъул сапаралъул мурад букIана районалъул гIадатазул, адабияталъул, маданияталъул, экологиялъул хIакъалъулъ колледжалъул студентазе бицине. ТIоцебесеб иргаялда гьел щвана Хунзахъ росдал №2 гьоркьохъеб школалде, дандчIвана цIалдохъабигун ва студенталгун. Гьенибго тIобитIана «Экология, этнология, этногомосфера» абураб темаялда данделъи. КIалъазе рахъараз бицана экологиялъул бугеб кIваралъул ва сверухъ бугеб тIабигIат цIунизе ккеялъул. Гьелдаса хадуб школалъул азбаралъуб цIалдохъабазги, учительзабазги, гьалбадерицаги чIана гъутIби. Гьенисан гьалбал ана «ХIажимурад» клубалде. Гьениб гьезие бицана клубалъ гьарулел хIалтIабазул хIакъалъулъ. Щвана гьалбал ГIарани росулъ бугеб хъалаялдеги, Макьасдеги, Абумуслим шайихасул зияраталдеги. Гьениса ана ЦIада росулъе ва вацал ХIамзатовазе ва гьезул эмен ЦIадаса ХIамзатие рарал памятниказухъе.
Шамай Хъазанбиева