tg  rss

МагIарул маргьаби

МагIарул маргьаби (5)

укIанила, вукIинчIила цо бечедав хан. Гьесул цо
гогьав васги вукIанила. ЧIужу ячине гIолев вас ву-
кIаго, хан хванила. Цо заманалдасан эбел къачIа-
данила васасе чIужу ячине. Васги кинго разилъулев
вукIинчIила, ахиралдаги цо къоялъ тIохде вахун вас ву-
кIаго, гьесда лъадае уней цо берцинай яс йихьанила. Хана-
сул васасул гьелъухъ рокьи кканила. Васас эбелалда
абунила жиндие гьай пуланай яс ячеян. Ханзабазул гурей
яс ячине эбелалъе бокьун букIинчIила, кинниги вас тIаса
вичIичIого, гьей яс ячине хIукму кканила. Цо къоялъ
ясалъул эбел-инсухъе гьарун чагIи ритIанила. Ясалъ абун
бачIанила гьадин: «Жиндие ханасул бечелъи къваригIун
гьечIо, гьесул щиб махщел бугебали лъазе бокьила», – ян.
Васасул щибниги махщел букIинчIила, амма ясалъ
цIакъ берцинал халичаби рессулаанила. Ханасул васги ра-
зилъанила, гьей яс жиндие ячIани, живги гьебго махще-
лалде ругьунлъизе. Гьеб къотIи-къаялда яс ханасул васасе
ячанила. КватIичIого васги, ясго гIадин, берцинал ха-
личаби рессизе ругьунлъанила.
Цо заманалдасан ханасул вас вахъанила къватIиве ва
щванила цо пуланаб шагьаралде. Вакъунги вукIун, гьев
гьеб шагьаралда цо ашбазалде кваназе анила. Гьеб ашба-
залде жаниве вачIаравщинав лага-черх бугев кьарияв чи,
гьенир хIалтIулел гIадамаз вачун цо рокъовегун, чIвалаа-

нила ва, гьеб гьанал квенги гьабун, бичу-лаанила. Гьедин хана-
сул васги гьевго гIадинав цо-кIиго кьарияв чиги ккун, цо бе-
цIаб рокъор жанир тIамунила. Гьенир гьел цIакъ лъикI
хьихьулел рукIанила: гьел чIвазе кьара гьарулел рукIанила.

Гье-дин моцIгIанасеб
заман банила. Ханасда аскIоса хъвезе вачун цин цояв
анила, цо дагьаб мехалдасан кIиабилевги анила. Гьанже
ирга ханасул васасде щванила.
Цо къоялда рачIун жанирегун, ханасул васги вачун
унев вукIанила. Гьесда бичIчIанила жив чIвазе вачунев ву-
кIин. Гьес гьезда цIакъ гьаранила:
– Дун чIвани, дидаса нужее гIемер кIудияб пайда щве-
ларо, амма нужеца дун чIвачIого тани, дица нужее щибаб
анкьие нус-нус кIинус-нус туменалде ричун унел берцинал
халичаби рессила. Нужее гьелъул пайда цIикIкIун бу-
кIина, – ян.
Гьел разилъанила ва ханасул вас, къваригIунеб къайиги
кьун, халичаби рессизе цо рокъове жаниве тIамунила.
ЛъикIалан заман банила ханасул васас гьедин халичаби
рессулев. Гьел халичаби, батIи-батIиял шагьаразде ун,
ричулел рукIанила гъол чагIаз.

Цо нухалда ханасул васас жинцаго бессараб халичаялда
тIад гьадин хъванила: «Дун вуго пуланаб шагьаралдаса ха-
насул вас, пуланав чи. Дун жанив тIамун вуго. Дун хвасар
гьавурав чиясе гIемераб боцIи кьезе буго», – абун. Гьелда
тIад хъвараб жо цIакъ халгьабуни гурони, цIализе лъала-
роанила.
Гьеб тIад жо хъвараб халичаги цогидал халичабиги
ричизе росун анила цо пуланаб шагьаралде. Гьеб шагьар
букIанила гъов ханасул васасул ватIан. Гьеб бичун боса-
нила гъов ашбазалда жанив тIамун вугев ханасул васасул
мадугьалас. Гьеб, тIад жо хъвараб халича цогидаздаса
цIакъго берцинабги букIанила.
Мадугьалас босараб гьеб халичаялъул хабар рагIун,
гъов ханасул васасул чIужу анила гьеб бихьизе. Гьелъие
гьеб халича цIакъ бокьанила, гьелъухъ битIахъе ракI
бахъун анила. Гьелъ мадугьаласда гьаранила, жиндиеги
гьединаб халича бессизе бокьун бугин, гьелъухъ балагьизе
цо-кIиго къоялъ жиндихъе кьеян. Мадугьаласги кьун
анила.
Мадугьаласул халичаялъухъги балагьун, гьелда релъ-
лъараб халича бессулей йикIанила ханасул васасул чIужу.
Цо заманалдасан ханасул нусалда лъанила гьеб халича-
ялда тIад хъвай-хъвагIай гьабун букIин. Гьелъ гьел хIар-
пал дандранила ва гьадин цIаланила: «Дун вуго пуланаб
шагьаралдаса ханасул вас. Дун гьаб пуланаб шагьаралда
гьадинаб ашбазалда жанив тIамун вуго. Дун хвасар гьаву-
рав чиясе дица гIемераб боцIи кьела», – ян.
ГьебсагIаталъ ясалъ хIадурлъи гьабунила росасда
хадуй ине. Кинабго аскар бакIаранила, ва кире рачунел ру-

гелали гьездаги бицинчIого, гьел гъоб шагьаралде ралагьун
къватIире рахъанила.Чанго къоялдасан ясгьение щванила.

02

Цо азбаралъур чуял, гьакалги тун, гьел гъоб ашбазалде
анила. Ясалъ киналго богогьанал, цере хIал-тIулел чагIи, ашба-
залъул бетIергьан жиндихъего ахIанила ва цоясда гьикъанила
гьадинав чи кив вугевилан. Гьес лъаларилан абунила.
ГьебсагIат гьесул бетIер къотIанила, цогиясда цIеханила,
гьесги лъаларилан абунила. Гьесулги бетIер къотIун реха-
нила. Лъабабизе цIехарав ашбазалъул бетIергьан вукIа-
нила. ЧIваялдаса хIинкъун, гьев гьардезе лъугьанила:
– Гьев нужеца абулев чи гьанив вуго, гьесие щибго
лъугьараб жоги гьечIо, дун чIваге, – ян. Гьес ханасул вас
вугеб бакI бихьизабунила.
Ханасул васги хвасар гьавун, ашбазалъул бетIергьанги
чIван, гьелги рокъоре тIадруссанила.
Гьеб мехалда бичIчIанила ханасул васасда бищунго кIу-
дияб бечелъи инсанасул жиндирго махщел букIин.

Понедельник, 06 февраля 2023 12:14

ЗАРУЛ БАГЬА

Автор

Малла Насрудинидаги цо пуланав чиясдаги

гьоркьоб цо щибго гуреб жоялдасан дагIба-рагIи

кканила. Ахиралдаги дагIбадулас Малла Насру-
динида зар кьабунила. ГьебсагIаталдаго гьоркьоре масли-
гIаталъе чагIиги речIчIун, Малла Насрудинихъе кьабизеги
щвечIого, гьел ратIа гьарунила.
Жинда кьабураб зарги цIакъ захIмалъун, Малла Насру-
диница гъов дандияв диваналде кьунила.
Цо пуланаб къоялъ диванбегас гьел кIиялго ахIанила
ва гьезда гьоркьоб ккараб жо цIеханила.
Малла Насрудиница абунила:
– Гьас дир магIарзукъалазулъ зар кьабуна. Гьединлъи-
дал гьасдаса кколеб мухь дие бахъун кьеян гьарула дица
дуда, – ян.
Гъов Малла Насрудинида зар кьабурав чи диванбегил
гьудул вукIанила, гьединлъидал диванбегие бокьанила
гъов хвасар гьавизе. Гьес абунила цохIо нухалда кьабураб
заруда тIасалъугьун тезе бегьуларищан. Малла Насрудин
разилъичIила. Гьебмехалъ диванбегица абунила:
– Гьедин батани, гьасдасан дуе цо гIабаси гIарац ккола,
– ян.
Гъов чияс жиндихъ гIарац гьечIин, гьеб босизе, рокъове
виччаян абунила.
Диванбегицаги гьев рокъове виччанила ва тIокIав гьа-
нивеги вачIунгеян абураб жо бичIчIизабунила.

ГIарац босизе арав чи вачIинегIан Малла Насрудин ба-
лагьанила цо сагIаталъ, кIиго сагIаталъ. Ахиралдаги
гьесда бичIчIанила дов чи гьениве тIадвуссун тIокIав вачIу-
наревлъи. Диванбегица жиндие гьабураб жоги бичIчIун,
Малла Насрудиница гьесда гьикъанила:
– БетIерчIахъаяв диванбег, къануналда рекъон, магIар -
зукъалазулъ зар кьабурав чиясдаса цо гIабасийищха кко-
леб? – ан.
– У, – ян жаваб кьунила диванбегица.
ЛъикIго сверизеги гьабун, диванбегил магIарзукъала-
зулъ зар щвезабунила Малла Насрудиница ва цинги гьесда
абунила:
– Дов, гIабаси босизе рокъове арав чи вачIинегIан гьа-
нив чIезе дир заман гьечIо. Дов вачIараб мехалда, доб дие
кколеб гIабаси дуего босе, – ян.

Четверг, 02 февраля 2023 11:59

ВАРАНИ ГУККАРАБ КУЦ

Автор

РукIанила, рукIинчIила, цо нохъода гьалмагълъи-
ялда чIун, бетIербахъиялъе цо ГъалбацIги, Циги,
Церги, Цакьуги, ГIангурги, Гъедуги. РукIанила
гьел, щибаб къоялъ чанареги ун, кепалда бетIербахъулел.
Цо къоялда гьезул нохъодул рагьтIасан гIебеде анила
варанабазул къокъа.

Гьездаса цояб, хIетIе унтун, билъ-
лъине кIвечIого, авлахъалда хутIун букIанила. Царада
бихьанила гъоб; гьеб бортун анила ГъалбацIида бицине,
гьадин цо варани хутIун бугин, билълъине кIвечIого абун.
Гьанже ГъалбацIица гъолъухъе битIун буго Цер: «Мун
гъолъухъе а, щибниги хиянатги гьабиларин, нилъер гьал-
магълъиялда чIезе бачIаян абе», – ян.
Цараца абунила Варанида:
– Нижер бетIергьанас ахIулеб буго мун, щибниги хия-
натги гьабиларин, цадахъ бетIербахъиялъе чIезе бачIаян.
РескъотIараб бакIалде ккун бугелъул, ун буго гьеб
нохъоде ГъалбацIихъе.
ГъалбацIица Варанида гIемераб хабарги бицун буго:
– Мун хер кунеб жо буго, ниж гьан кунел жал руго,
кIиязулго данде ккеларилан ккун батила дуда. Щибниги
хияналъи гьабизе гьечIо, воре, мун щибго хIинкъуге, – ян.
Гьедин цадахъ рукIун руго гьал таманаб мехалъ. Цо
къоялъ ГъалбацI, чанабе араб мехалъ, Пилгун багъизе
ккун, цIакъ квеш лъукъ-лъукъун бачIун буго. Чан гьабизе
кIоларого, босада бегун букIанила.

Гьелъие квине гIураб чан гьабизе гьездаги кIоларого, хвезе дагьалъ хутIун буго

ГъалбацI.
Гьанже Цараца абунила ГъалбацIида:
– Нилъее гIураб гьанги батила, гъоб ВаранигIаги чIван
лъикI, – ян.
ГъалбацI кинго разилъун гьечIо:
– Дица рагIи кьуна, хиянат гьабизе гьечIо, – ян.
Нахъеги ун буго Цер, нижеца дуде гIайиб щвезе теларо
абун, кье нижее изну доб чIвазе. Кинго кьун гьечIо гьелъ
изну. Нахъеги, лъабабилеб нухалъги бачIун буго Цер Гъал-
бацIихъе, нижеца гьадинаб тадбир ургъун бугила дуде
щибго гIайиб щолареб. Дица абилин долда, нилъ киналго
ракIарараб бакIалдеги ахIун: нилъер бетIергьан хвезехъин
бугин, нилъер умумузул гIадат букIанин, бо биххизабизе-гIан,

нусгоги хвезе кьолеб, нусгояв хвезегIан, анцIго хвезе

кьолеб, анцIго холев вукIани, цояв хвезе кьолев, нилъеда
гьоркьоса цояв хвезе бегьилаян.

Гьелъие дир гIураб хIилла бугин, мун разилъеян гьарун
буго Цараца. Ахир ГъалбацIица абун буго, гьеб жибго ра-
зилъани, дунги рази бугин, гурони гьечIилан.
Гьанже цо къоялъ, киналго гьалмагъзабиги ракIарун,
Цараца бицун буго жинцаго ГъалбацIие бицараб умумузул
кици. Гьебмехалъ Цакьуялъ абун буго нужеца дун кунин,
дица дирго би хIалал гьабилин нужейилан. БацIицаги абун
буго: «Мун кун, цонигияб гIорцIуларо, гьедигIан гьитIинаб
дур гьан чамалъе щолеб?» Дун кунилан абун лъугьун буго
БацI. БацIил гьан квани, ниж киналго хвеларищан, цони-
гияб разилъичIила. Дун кун, дун разияб бугоян бахъанила
ГIангур. Белъине кIолареб дур гьан лъица кунеб, гьеб белъ-
унаго, цIул тIагIинабилин, рохьобе нухги гIазуца къан
бугебин, тIаде бортун, семизе лъугьун руго БацIги Циги.

АскIобе бачIун, Вараница абун буго:
– Щай нуж рагъулел, гIезегIан кIудияб къаркъалаги
буго дир, гьуинаб гьанги буго дир, киназего гIезеги гIела,
дица дир би хIалал гьабула нужее, дун кун, – ан.
БитIараб бугин абун, Цараца киналго тIаде разарун,
гъоб Варани, цо лахIзаталда жаниб тIутIу-хъухъун
реханила.

Вторник, 31 января 2023 13:21

КАТИЛ ТАВБУ

Автор

Цо заманалда Кету чIун буго, гьанжелъагIан гьабу-
ралдаги рекIекълъун, тавбуги гьабун, хIежалде
ина абун, цебе басандулеб букIаниги гIонкI-
кIохъги балагьуларого. ГIункIкIазул хан бихьизе бокьун
бугилан кIалъан буго Кето. ГIункIкIаз гьеб иш ханасда
бицун буго. Ханас хIалбихьиялъе кIиго гIункIкI цебе би-
тIун буго. Цебе чахьикьан хьваданиги Катица гьезие расги
гьабун гьечIо. Гьанже тIаде жибго ханги ун буго. Катица
абун буго:
– Дун хIежалде ине буго, эбел-эмен, васал, лъимал чIва -
рал ратила, тIасалъугьинаризе гIункIкIал данде ракIаризе
ккун руго, – ян.
ГIункIкIал ракIарун руго. КартIинисаги баккун, цо
ГIонкIкIоца абун буго:
– Михъал добго катил руго, божуларо дун, – ан. Гьебги
абун, ГIункIкI нахъе тIерхьун ун буго.
Катица, тIадги речIчIун, хутIарал гIункIкIалги гъурун
руго.

Вторник, 31 января 2023 13:10

КIИГО НУХЛУЛАВ

Автор

Сапаралдаса тIадвуссун, рокъове вачIунев вукIа-
нила цо кIудияв чи. Гьесда цадахъ кканила цIалун
вачIунев цо гIолохъанчиги. Хабар-кIалалда рилъ-
лъун рачIунаго, гIолохъанчияс кIудияв чиясда абунила:
– КIудияв чи, нилъго свакачIого рукIине, цоцазда ре-
кIун рилълъани, лъикI букIинарищ? – ан.
– Мун гIадаллъунищ, гIадамал цоцазда рекIун рилъ-лъунеб гIадатищ

бугеб? – ан абунила кIудияв чияс, васасул суалалда гIажаиблъиги гьабун.

Васас щибго жаваб кьечIилда. Гьедин лъикIалан бакIалде
рилълъараб мехалда, цIакъ берцинго бижараб, лъилъизе мех
щвараб ролъул хурзабазда аскIоре кканила гьел.
КIудияв чияс абунила:
– Огь, баркаман, лъикIго бижун бугеб куц бихьулищ
гьаб ролъ! – ан.

Васас гьесда гьикъанила: КIудияв чи, гьаб тIощел кварабдай буго, квинчIебдай
бугеб? – ан.
– Мун гIадаллъунищ вугев, жеги лъилъизего лъилъи -
чIеб тIорщел кин квараб букIунеб? – ан жаваб кьунила кIу-
дияв чияс.

Вас, щибго абичIого, чIанила. Гьедин таманалго рилъ-
лъараб мехалда, гьел щванила цо росурагIалде. Гьениб ха-
балалъ хварав чи вукъулеб жамагIат бугоанила. КIудияв
чияс абунила:

– Валлагь, цо хвел букъулел чагIи рихьулаха гьанир, –
ан.
Васас кIудияв чиясда гьикъанила:
– Хварав чидай вукъулев вугев, хвечIев чидай?
– ан.
Херав чиясул ццин бахъанила, ва гьес гIолохъанчиясда
абунила:
– Мун гIадаллъунищ вугев? ХвечIел чагIи рукъулеб гIа-
датищ бугеб? – ан.

КватIичIого кIудияв чиги гIолохъанчиги щванила
кIудияв чиясул росулъе. КIудияв чияс вас къаси жин-
дихъе сордо базе гьоболлъухъ ахIанила. Васасги хIукму
гьабунила къаси гьенив чIезе. Жаниве лъугьунеб мехалъ,
кIудияв чиясул рокъой цо берцинай яс ятанила. ГIолохъ-
анчияс, гьелде ишанги гьабун, цин цо килищ, цинги
кIиго килищ цебе ккунила. Ясалъ васасда цебе цо килищ
ккунила. Инсуда гьезул ишанал рихьанила. Кин буго-
ниги, гьоболги вугелъул, гьев васасдехун рагIи абичIого
танила.
Къаси гьенивги вукIун, радал гьезулгун къо-мех лъикI -
ги гьабун, вас нухда вахъанила.
Гьев ун хадуб, инсуца ясалда абунила:
– Валлагь, тIубан гIакълу камилав чиясда релълъунаро
гьадав вас, – ан.

Ясалъ цIеханила, щай дуца гьедин абулебан. Инсуца
гьелда бицанила васас нухда рачIунаго жиндиего кьурал
суалал. Ясалъ инсуда абунила:
– Эмен, гьев чи дуда вичIчIун гьечIо, амма гьев гIакъи-
лав чи вукIине ккола, – ян.

 

ХIакъикъаТ 

Республиканская общественно-политическая газета на аварском языке.

 

Исполняющий обязанности главного редактора:

Зульфия Багатаровна Гаджиева

_____________________________

 

in1  rss1

_____________________________

 

Рейтинг@Mail.ru

Яндекс.Метрика

 

СМИ

Учредитель сетевого издания ГБУ РД "Редакция республиканской газеты "Истина".
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
vozrastРегистрационный номер: Эл № ФС77-73996 от 19 октября 2018 года.

 

 

Фото

Настройка сайта

Цвет темы

Cyan Red Green Oranges Teal

Макет

Шир. Рам. Обрамл. Округл.
Изменение фонового рисунка
Вверх